Аслияб гьумералде

ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

МухIаррам ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал, Ибрагьимил (p. гl.) заманалдаго хIурмат гьабулеб букIараб, Къуръан-хIадисалъ жиндир хиралъи бицараб моцIазул цояб. Гьединлъидал щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе тIагIат цIикIкIун гьабун, хIалкIвараб къадаралъ квешлъи рехун тун тIобитIизе.

 

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Гъазалияс «ИхIяъалда» хъвалеб буго: «МухIаррам моцI соналъул байбихьи кколелъул, гьеб лъикIлъиялда тIобитIани, гьелъул баракат хутIарал моцIазде бахиналдеги хьул буго», - ян.

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Нававияс «Заваиду Рравзаталда» хъвалеб буго: «ХIурматиял моцIазул кIал кквезе бищун хирияб моцIлъун ккола МухIаррам», - абун. Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб Муслимица бицараб кьучIаб хIадисги буго: «Рамазан моцIалда хадусеб, кIал кквезе бищун хирияб моцI Аллагьасул ﷻ МухIаррам буго». Гьединлъидал тIубараб МухIаррам моцIалъ кIал кквезеги суннатаб буго.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв СагIдица бицана: «ГIали-асхIабасухъе вачIун цо асхIабас гьикъана: Я муъминзабазул бетIер! Дуца дие бице рамазаналда хадуб кIал кквезе бищун хирияб моцI?» - ан. ГIали-асхIабас гьесие жаваб гьабуна: «Цо пуланав чияс салат-салам лъеяв аварагасе кьуна гьединаб суал ва аварагас гьесие жаваб гьабуна: «Мун ватани рамазаналда хадуб суннатаб кIал кколевлъун, дуца мухIаррам моцIалъ кIал ккве. Гьеб буго Аллагьасул моцI ва гьеб моцIалъ Аллагьас лагъзадерил тавбуги къабул гьабула», - ян.

ТIубанго моцIалъ кIал ккун бажаруларев чияс хамиз, рузман, гьатIан къоязниги кIал кквезе жигар бахъизе ккела. Щибаб моцIалъул итни, хамиз къояз кIал кквезеги суннатаб буго. Гьебги бажаричIони, моцIалъул авалги, бакьулъ бугеб къоги, ахирниги кквезе ккела. Хасго МухIаррам моцIалъ кIал кквезе беццараб къолъун ккола ГIашура къо. Имам Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Нилъер хирияв Аварагас ﷻ абулаан: «ГIашура къоялъ ккураб кIалалъ араб лъагIалил мунагьал тIаса ккезарула», - ян. Гьединго кквезе суннатаб буго МухIаррамалъул ичIабилеб къоялъги. КьучIаб хIадисалда абулеб буго: «Дун тIасияб сон тIаде щвезегIан чIаго хутIани, дица ГIашурадул цебесеб къоялдаги кIал кквейилан амру гьабизе буго», илан. Гьединго ГIашураялъул хадусеб къоялъги кIал кквезе суннатаб буго, гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадисги буго. ГIашура къоялъ рукъалъул агьлуялъе квана-гьекъезе жо, ретIел-хьит босун гьел рохизаризеги, гьезие гIатIилъи гьабизеги суннатаб буго. Гьедин гIатIилъи гьабурав чиясе, тIадегIанав Аллагьас ﷻ тIубараб лъагIалица гIатIилъи гьабизе бугилан бицунеб буго хирияб хIадисалда.           

МухIаммадгIариф Рамазанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...