Аслияб гьумералде

Диналъул бичIчIи кьола

Диналъул бичIчIи кьола

Имам Бухарияс абун буго: «ГIелму рагIуда ва гIамалалда цебе букIине ккола», - ян. Ахир-къадги, рагIи битIарабги букIине, ишал хIакъикъаталда данде кколелги рукIине ккани, лъай къваригIуна. Лъай дагь бугезул рес букIуна гъалатIал риччазе.

 

Щай Имам Бухарияс гIелму рагIудаги ишалдаги цебе букIине кколин абураб? Щайгурелъул ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Дуда лъай, Аллагь гурони, лагълъи гьабизе мустахIикъав БетIергьан гьечIевлъи», - ян («МухIаммад» 19 аят). Балагье, Аллагьас гьал рагIаби «Дуда лъай» абураб амруялдасан байбихьана.

Аварагасул ﷺ гIелмуялда хурхарал хIадисал гIемер руго. Дие бокьун буго гьездаса цо лъай кьеялъулаб гьанибги рехсезе.

Машгьурав асхIаб Абу Дарда, Авараг ﷺ доб дунялалде ун хадув Шамалде, Дамаскалде гочана, гьениб гIумру гьабун, гIелму тIибитIизабун вукIана.

Цо къоялъ гьесухъе вачIана пуланав чи. Гьес нуцIида кIутIидал, Абу Дардаица гьикъана:

- Сунца мун гьаниве вачарав? - ян.

Гьес жаваб кьуна:

- Я Абу Дарда, дун духъе Мадинаялдаса вачIун вуго. Дида рагIана дуца Аллагьасул ﷻ Аварагасул ﷺ хIадис бицунеб бугин, дун вачIана гьеб дудасан рагIизе.

Абу Дарда гIажаиблъана:

- Цо хIадисалъе гIоло Мадинаялдаса Дамаскалде щвезегIан нухищха нахъа тараб дуца? Щиб лъалеб, мун даран-базаралъе вачIарав ватила, гьелдаго цадахъ дун вихьизе хьулгун?

Гьев чияс абуна:

- Гуро, гIицIго гьеб къасдгун къватIиве вахъана дун рокъоса. Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абун букIинчIищ: «ГIелму тIалаб гьабиялъул нухдасан арав чи алжаналде унеб нухда вуго» - ян? ГIелму тIалаб гьабулев чиясе ралъдал ччугIаялъцин Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьаян гьарулаян гурищ гьес абун букIараб? ГIелму аварагзабазул ирс бугин, аварагзабаз я динар, я диргьам нахъе течIилан, амма гьез гIелму нахъе танин гурищ бугеб?

Цинги Абу Дардаица абуна:

- У, дуца битIун абулеб буго.

Цинги Абу Дардаица гьесухъе хIадис щвезабуна, гьев чи нахъги вуссана.

Пикру гьабеха, вацал, нилъеда гIемер рагIула гIелмуялъул къимат бицунел хIадисал. Амма гьев чиясда унго-унголъунги бичIчIана гьезул къимат ва цо хIадисалъе гIоло гIезегIан нух нахъа тана. Цо-цо мехалъ нилъ кIвахIаллъула анцI-анцI хIадисал рагIизе бегьулеб дарсиде ине.

Аллагьасул Расуласул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасе лъикIлъи бокьарав чиясе диналъул бичIчIи кьола», - ян. ГIицIго лъай гуребги, бичIчIиги. ХIадисалги Аварагасул ﷺ тIадкъаялги битIун ричIчIи ва гьезда нахърилълъин ккола Аллагьасул хасаб рахIмат.

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гьеб бичIчIиги, диналда хадур рилълъине тавпикъги кьеги.

 

 

МухIаммад Урминский, Буйнакскиялда аслияб мажгиталъул имам

 

 

 

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...