Аслияб гьумералде

ЛъикIлъиялъе бижараб уммат

ЛъикIлъиялъе бижараб уммат

Имам АхIмадица абуна: «Дица Аллагьасе 50 соналъ гIибадат гьабуна ва лъабго жо тун гурони гIибадаталъулъ гьуинлъи дида батичIо», - ян. Хадуб имам АхIмадица гьел пишабиги рехсана. Гьезул тIоцебесеб ккола гIадамазул разилъи щвей тIалаб гьаби тей. Хадубги имам АхIмадица бицана: «Гьеб пиша теялъ дун вачана хIакъаб рагIи абиялде», - ян.

Жакъа лъикIалде амру гьаби, квешалдаса нагью гьаби нилъеца толеб буго гIицIго, имам АхIмадица рехсараб, гIадамазул разилъи щвей мурадалда. Нилъеда лъазе ккола лъикIалдалъун амру гьаби ва квешалдаса нагью гьаби нилъер диналъулъ аслияб жо букIин. Гьеб ккола хIакъикъаталдаги дагIват гьаби.

Чанго соналъ цебе АхIмад-афандияс, имамзаби ракIарараб бакIалда, абуна: «БетIергьан Аллагьас бижун буго кинабниги махлукъат. Бижанщинаб махлукъаталъул бищун хира ва кIодо гьавурав инсан ккола. Инсаназулги бищун хириял аварагзаби руго. Гьезие гIоло бижараб жо ккола дагIват», - илан.

Амма нилъеца гьеб иш тIаса-масаго толеб буго. ШаргIалда дандекколареб жо гьабулев вихьарав чиясда щибго абулеб гьечIо.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Мункараб, къабихIаб жо гьабулеб бихьидал, нужеца гьеб, кIолеб бугони квералдалъун, кIвечIони - мацIалдалъун, гьединги бажаричIони ва питнаялде ккеялда хIинкъи бугони, ракIалдалъунгIаги инкар гьабе, гьелда нужер, Аллагьасе гIоло, ццимги бахъа», - йилан.

Масала, нилъеда лъала жамагIат-какалъул бугеб кири. ЖамагIат-какде унев чияс гьудул-гьалмагъ данчIвайдалгицин гьев гьесизавулев гьечIо цадахъ мажгиталде вилълъине. Амма къиямасеб къоялъ гьев чияс абизе буго какде унес жинда щибго абичIин. Гьединго хъалиян бухIулесда аскIор рукIуна бухIуларел. Щибго къварилъиги букIунаро гьезие гьудулас гьабулеб мунагьалъул. Ургъел бугониги щибго абуларо, ай гьев вагъилин хIинкъун. Абуниги, малъараб гьабуларев чи вугиланги абун, кверги хьвагIун тола. Аварагасул ﷺ гIумруялъухъ балагьани, нилъеда бихьула куфруялда вугев, жиндир хIакъалъулъ жужахIалъув абадиялъго вукIине вугин абун аятги рещтIарав, имгIал Абу Лагьабиде аскIове авараг ﷺ 70 нухалъ щвана гьев тавбуялде ахIун битIараб нухде вачIаян абизе.

Квешалдаса нагью гьабулелъубги берцинго, гIадамал гьечIеб бакIалде вачун, квеш бихьулареб хIалалда абизе ккола. Квешаб жо гьабунин абун нилъеда инсан рихине бегьуларо, рихине ккола гьес гьабулеб квешаб гIамал.

Къуръаналда буго (магIна): «Нуж руго, я МухIаммадил умматалъул муъминзаби, кинабго халкъалъе маслахIаталъе ва лъикIлъиялъе Аллагьас бижараб уммат. ГIадамазда лъикIаб жо гьабиялдалъун амру гьабулел, квешаб тейин абун нагьюги гьабулел ва Аллагьасда иман лъун, Гьесул кинабго амру-нагью тIубазабулел», - ян (сурату «Алу-ГIимран», аят 110).

Бищун лъикIаб умматин абун цIар кьун буго нилъее. ГьедигIан кIвар бугеб лъикIалде гIадамал ахIи ва квешалдаса нахъчIвай тIаса-масаго тезе бегьуларо. Нилъеда кколеб батани дибирас яги бегавулас гьабизе кколеб жо гьеб бугин абун, гьеб пикру мекъаб буго. Гьедин гьабизе тIадаб буго щивав чиясда.

Цебе рехсараб аяталъе тафсир гьабун имам Гъазалияс хъвалеб буго: «ЛъикIалдалъун амру гьаби ва квешалдаса нагью гьаби тарав чи муъминзабазул кьералдаса нахъе вахъула», - ян. Хадубги гьебго аяталъе баян гьабун имам КъуртIубияс абуна: «ТIадегIанав Аллагьас гьеб аят гьабуна Аллагьасда иман лъурал муъминзабазда ва мунапикъзабазда гьоркьоб батIалъи гьабулеблъун», - илан.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

 

МухIаммад ГьитIинов, ЧIикIаб росдал имам

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...