Аслияб гьумералде

ХIисаб гьабе

ХIисаб гьабе

Хириял диналъул вацал ва яцал, щивав бусурбанчиясул гьаб гIумруялда жаниб мурад буго ТIадегIанав Аллагьасул разилъи. Ахирисеб лахIзат тIаде щун, рухI черхалдаса унеб мехалъ, киназего бокьула Аллагь жидедаса разилъун гьаб дуниял тезе. Гьеб макъам щвезе ккани иман щула ва берцин гьабизе ккола битIараб рагIудалъун, ишаздалъун, цогидаздехун бугеб бербалагьиялдалъун.

 

Абу ГIумамаца бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьасе гIололъун жиндие рокьулев, Аллагьасе гIоло ццим бахъунев, Аллагьасе гIоло бикьулев ва бегьулареб нахъе чIвалев чиясул иман камилаб буго», - ян. (абу Давуд)

Гьал сифатаз инсанасул иман камил гьабула: Аллагьасе ﷻ гIоло рокьи, Аллагьасе гIоло ццим бахъин, Аллагьасе гIоло сахаватлъи, Аллагьасе гIоло бегьулареб нахъе чIвай.

Аллагьасе ﷻ гIоло рокьиялъул мисал нилъеда бихьула Аллагьасул Аварагасулъ ﷺ. Жиндирго имгIал ХIамзат чIваялъул къварилъиялда хадуб, ВахIшидаги Гьиндидаги гьев ﷺ тIаса лъугьана, гьез ислам босун хадуб. Кутакаб къварилъи букIаниги, ХIамзатил черх мушрикуназ вахIшияб хIалалъ инжит гьабуниги, Аварагас ﷺ кIудияб сабруги гурхIелги бихьизабуна, Аллагь разилъиялъе гIоло гьезда тIасаги лъугьун. Гьеб буго унго-унгояб Аллагьасе ﷻ гIоло бугеб рокьи.

Аллагьасе ﷻ гIоло ццин бахъиналъул мисалги нилъеда бихьула ХатIабил ГIумарида аскIоб. Мажгиталде тIаде лъим бачIунеб рогIоро бихьарабго, ццин бахъун, гьеб нахъе бахъизе буюрухъ кьуна ГIумарица. Амма живго Аварагас ﷺ изну кьун букIин лъараб мехалъ, гьебсагIатго живго гIодовегIан гьавун, тIаса лъугьаян гьарана, хIатта ГIаббасие кумек гьабуна рогIоро нахъе лъезе, живгоги гIодове къулун, ГIаббасги мугъзада вахинавун гьеб къачIазе рес букIине. Гьелъ бихьизабулеб буго Аллагьасе ﷻ гIоло ццим бахъин чIухIи яги хъитIи гуреб, диналъул ургъел гьаби ва хIакъикъат баянлъарабго гьелъие мукIурлъи.

Аллагьасда ﷻ цере нилъ чIеялъе кIудияб асар гьабулеб жо ккола калам. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Чияс цо рагIи абизе бегьула, гьелъие кIвар кьечIого, ва гьеб сабаблъун гьев жужахIалдеги ккола. Яги гьес цо рагIи абизе бегьула, гьелъие кIвар кьечIого, Аллагьас гьеб сабаблъун алжаналде лъугьинавула» (Бухари,Муслим). ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абуна (магIна): «Гьезул гIемерисел балъгоял гара-чIвариязулъ лъикIлъи букIунаро, садакъаялдалъун яги лъикIаб гIамалалдалъун, яги гIадамазда гьоркьоб рекъел гьабурав чиясул гурони. Аллагь разилъи тIалаб гьабун гьеб гьабурав чиясе нижеца кIудияб кири кьола» (Сура «Ан-Нисаъ», аят 114) Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасда ва къиямасеб къоялда божарав чияс лъикIаб калам бице яги вуцIцIун чIа», - ян. (Бухари, Муслим) Гьелъул магIна ккола бицунеб каламалъулъ пайда букIине ккей, пайда гьечIони, сихI къотIун чIани лъикIаб букIинги.

Нилъеца гIемер заман гIадада хвезабула къваригIунареб бицун. Гьелъие чанго гIиллаги буго: эркенаб заман цIакъго гIемер букIин, цогидазул бицун живго кIочей, яги жиндирго рухIияб рахъалъул цебетIеялда тIад хIалтIи гьабунгутIи. Аварагас ﷺ абуна: «КIудияб рохел буго жиндирго гIайибаз чияр гIайибаздаса машгъул гьавурав чиясе», - ян. ХатIабил ГIумарица абуна: «Нужеца нужерго хIисаб гьабе нужеда тIад хIисаб гьабилелде», - ян. Щибаб къаси дурго хал гьабизе лъикIаб буго: квешаб жо абунищ, гIадамаздасан гъибат-бугьтан гьабунищ, къваригIел гьечIеб бицанищ? Гьеб гIадат цIуниялъ кумек гьабула калам бацIцIад гьабизе. ГIукъбат ибн ГIамирица Аварагасда ﷺ гьикъана: «Хвасарлъи сундулъ бугеб?» Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «КъваригIел гьечIеб бициналдаса мацI ккве, дурго рукъалда гIей гьабе, дурго мунагьаздалъун гIоде», - ян.

Хириял диналъул вацал ва яцал, нилъеда бихьулеб буго иманалъул камиллъи цохIо каказда ва кIалазда гуребги, Аллагьасе гIоло нилъер цоцадехун бугеб рекIел хIалалдаги, нилъер каламалдаги, тIаса лъугьине ва нилъедаго тIад кверщел гьабизе бугеб бажариялдаги букIин. Аллагьасе гIоло рокьи ва ццин бахъин, бицунелда тIад кверщел гьабизе кIвей, гьабулел ишазул хIисаб гьабизе бажари - гьеб киналъго нилъер иман щула гьабула ва камил гьабула. Нилъер щивас щибаб къойил жиндирго хал гьабизе, гъалатIал ритIизаризе, ТIадегIанав Аллагь ﷻ рази гьавизе хIаракат бахъизе ккола.

Гьарула Аллагьасда ﷻ нилъер иман щула гьабеян, нилъер ракIал рацIцIад гьареян. Амин.

 

АрслангIали Аскеров, Муфтияталъул хIалтIухъан

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...