Аслияб гьумералде

Гӏидалъул къоялъ хабалазде...

Гӏидалъул къоялъ хабалазде...

Гӏидалъул къоялъ хабалазде...

Дагъистаналда буго гIидалъул къоялъ хабалазде зиярат гьабулеб берцинаб гIадат. Амма цо-цо чагIи камуларо гьеб хирияб къоялъ хабаде зиярат гьабизе бегьуларин абулел.

 

Аварагас ﷺ абуна: «Дица нужее гьукъун букlана хабалазде зиярат гьабизе, гьанже нужеца гьенибе зиярат гьабе, хlакълъунго, гьелъ нужеда ахират ракlалде щвезабула», - ян. (Тирмизи, Муслим, Абу Давуд)

 ГӀидалъул къоялъ хабалазда зиярат гьабизе цӀакъго хирияб бугин хъвалеб буго «Танвирул Къулюбалда».

«ГӀидалъул къоялъ хабалазде зиярат гьабизе, хваразе салам кьезе, дугӀа гьабизе суннатаб буго, амма ибну Сириница, Ибрагьим НахгӀияс ва ШагӀбияс карагьатаб бугинги абуна (зиярат гьабизе)». («Аль-МавсугӀутул Фикъгьиятул Кувейтият» 31/118)

Ибну Сириница, Ибрагьим НахгӀияс ва ШагIбияс абуна мутӀлакъго хабаде зиярат гьабизе карагьатаб бугин абун, ай гIидалъул къоялъ гуребги цогидал къоязги зиярат гьабизе карагьатаб бугин. (Балагье «ТухӀфатул АхӀвазий» 1054 хӀадисалъул шархӀ, «ФатхӀул Барий», «Бабу зияратил къубур»)

 

 

 

ЦIумада районалъул Къеди росу

 

 

 

 

ГӀидалъул къоялъ Авараг ﷺ какде унев вукӀана цояб нухдасан ва тӀадвуссунаан цогидалдасан. Цинги имамзабазулъ хилаф ккана цо нухдасан ун цогидаб нухдасан тӀадвуссиналъул сабаб, хӀикмат баян гьабиялда бан. ПалхIасил, къогоялдасаги цIикIкIун сабаб, (хӀикмат) рехсана имамзабаз. Гьездасан ккола, Авараг ﷺ гӀидалъул къоялъ цо нухдасан ун цогидаб нухдасан тӀадвуссунев вукӀанила кӀиябго нухда ругел хабалазде зиярат гьабиялъе ва хваразе дугӀа гьабиялъе гӀоло. («ФатхӀул Барий», «Далилул ФалихӀин», «МанхӀатул Барий», «ТухӀфат», «Нигьаят»)

 Ибну ХӀажарица цо-цо рагӀаби (сабабал) загӀип гьаруна, амма гьеб рагӀи загӀип гьабичӀо. («ФатхӀул Барий» 2/473, «Аль-МавсугӀатул Фикъгьиятул Кувейтият» 31/117)

«Аль-Фатавал Гьиндияталда» буго: «Хабалазде зиярат гьабизе бищунго хирияб ункъо къо буго - итни, хамиз, рузман ва шамат. Гьединго хирияб буго Барааталъул сордоялъ, зулхӀижалъул тӀоцебесеб анцӀго къоялъ, кӀиябго гӀидалъул къоялъ, ГӀашура къоялъ ва бусурбабазул цогидалги гӀидазул къояз».

Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги хабалаздеги ун, гьениб сурату «Ясин» цIаларав, гьеб къоялъ хваразе гIазаб бигьа гьабула, хварал рикIкIун гьесие кириги хъвала», - ян (ТIабарани).

Аллагьас тавпикъ кьеги агьлу-суннаталъул чIахIиял имамзабазда нахърилълъине. Амин.

 

Мухтар МухIаммадов, ЦIумада район Къеди росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...