Аслияб гьумералде

Хехго гьабурабгIан лъикI

Хехго гьабурабгIан лъикI 

Хехго гьабурабгIан лъикI

Исламалъ нилъ киналго ахIула лъикIлъиялде, пайда бугеб гьабиялде, цогидазе мисалияллъун рукIиналде ва лъикIал гIамалал гьариялъулъ цереккеялде.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нуж киналго лъикIлъи гьабизе цере кколеллъун рукIа», - ян (суратул «Бакъарат», аят 148).

Гьаб дунялалда лъикIлъаби гьаризелъун церекколел гIадамал Къиямасеб къоялъ Алжаналъуреги цогидаздаса церекколеллъун рукIуна. ЛъикIлъабазде гъорлъе уна как, кIал, закагIат, хIеж гIадал паризаял гIамалалги, суннатал пишабиги ва гьединго цогидазеги жиндиегоги пайда бугел рукIа-рахъиналги. Масала, нухдаса цогидазе зарал гьабулеб гамачI нахъе босиялъе цереккей гьабиялде ва гьелда релълъарал лъикIлъабазде ахIулел руго нилъ БетIергьанас.

Цогидаб аяталда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нужеца хехлъи гьабе, я муъминзаби, Аллагьас ﷻ нужер мунагьал чурулел ва Гьев ﷻ нужеда гурхIулел лъикIал гIамалал гьариялде ва Алжаналде лъугьунеб гIамал гьабизеги, жиндир гIатIилъи зобал-ракьал тIиритIун гIодор лъуниги гьездасаги жиб кIудияб, Аллагьасдаса хIинкъарал гIадамазе жиб хIадурун бугеб», - ян (сурату «Алу ГIимран», аят 133).

Нилъер щивас Аллагь ﷻ разиял, лъикIал гIамалал гьари нахъбахъула рес рекъезегIанин гIузруги бачун. ГьитIинаб мехалъ цIалуда вукIуна, гIолохъанаб заман дунялалдаса пайда босулаго уна, цинги чIужу ячун лъимал гьаридал хIалтIуца сундего регIуларо, херлъидал (Аллагьас ﷻ гьелде щвезегIан гIумру кьуни) лъикIлъаби гьаризе сахлъиго батуларо. Гьеб мехалъ гIадада тIамураб гIумруялда ракIбухIунги вукIуна. Гьединлъидал, гIедегIизе ккола ахираталда нилъго хвасарлъиялъе гIамалал гьаризе.

Абугьурайратидасан бицана хирияв Аварагас абунин: «Гьаб дунялалъухъ дин бичун радал муъминчилъун вукIун, къасиялде капурлъулев ва къаси муъминчилъун вегун радал капурлъулев, бецIаб сордо гIадинаб питна тIаде бачIинелде нуж лъикIал гIамалал гьаризе гIедегIе», - ян. (Муслим)

ГIукъбат ибн ХIарисица бицана: «Цо къоялъ Мадинаялда вукIаго Аварагасда хадуб бакъаникак бана дица. Какдаса саламги кьун Авараг, гIадамазул кьералги рикь-рикьизарун, руччабазул цоялъул рокъове ана. Гьединаб гIедегIиялъ гIадамал хIинкъун лъугьана. Заман гьоркьоб иналдего Авараг цIидасан гьезухъе вачIана. Жиндирго гIедегIиялъ гIажаиблъарал гIадамал рихьидал, гьес абуна: «Рокъоб месед букIин ракIалде щвана дида. Гьелъ машгъул гьавичIого вукIине, бикьеян амру гьабизе ун вукIана», - ян. (Бухари)

Нилъее мисалалъе букIине, цебе рехсараб хIадисалъулъ баян гьабулеб буго, хирияв Аварагасул лъикIлъи гьабизе гIедегIи. Жакъа нилъ мажгиталдаса къватIире салам кьейгун рахъун иналъул сабаб ахират гуреб, дунял буго.

Жабиридасан бицана: «УхIудалъул къоялъ цо чияс Аварагасда гьикъана: «Дун чIвани киве кколев?» - илан. «Алжаналъуве ккола», - ян Аварагас жаваб кьедал, кодор рукIарал чамасдакIалги гIодоре рехун, хвезегIан вагъизе вортана», - ян. (Бухари, Муслим)

Халгьабе, Аварагас Алжан бугин абидал чамасдакI кваназецин заман хвезабичIого гьев чи Алжаналде, ай хвалиде данде ана щибго ургъелги гьабичIого. Гьес ахират тIаса бищана лъикIаб гIамал гьабиялдалъун. Гьединлъидал нилъецаги кIванагIан хехго лъикIал гIамалал гьаризе жигар бахъизе ккола. ЛъикIлъи хехго гьабурабгIан гьелъухъ кириги кIудияб хъвала.

 

Шамил МухIаммадов, ХIабши росдал имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...