Аслияб гьумералде

Ахираталъул шагьидзаби ккола

Ахираталъул шагьидзаби ккола

 

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъала шагьаралда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда нилъедаса ратIалъана гIемерал диналъул вацал ва яцал. Аллагьас гьезул киналго мунагьал чурун ратаги, гьезул гIагарлъиялъе сабруги кьеги. Амма гьеб къварилъи нилъее киназего гIахьалаб буго. Кин батаниги, тIаде рачIарал балагьазе сабру гьабулел реццун ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьал муъминзаби руго жидеда Аллагьасул цIоб-рахIмат бугел ва Аллагьас жал реццарал. Гьел руго хIакъаб нухда тIоритIаралги», - ян (суратул «Бакъарат», 157 аят).

 

Унго-унгояб сабру, балагь тIаде бачIиналъул авалалда букIунеб буго. Аварагас ﷺ абуна: «Сабру гьаби балагь рещтIиналъул авалалда букIуна», - ян. (Бухари, Муслим).

Аллагьас ﷻ цо къавмалде балагь рещтIун гьезул хIалбихьи гьаби ккола Аллагьасе ﷻ гьел рокьиялъул гIаламат. Гьелдаго цадахъ гьеб буго нилъее кантIизари, мунагьал тун Аллагьасде ﷻ нилъ руссиналъе сабаб. Гьеб буго нилъее дарс.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «ТIаде бачIараб балагьалъул кIодолъиялда бан гьелъухъ жаза гьабиги букIуна, Аллагьасе ﷻ цо къавм бокьидал гьезул хIалбихьула. Сабруялда чIани, Аллагьасул ﷻ разилъи буго гьезие, ццин бахъун лъугьани, Аллагьасул ﷻ ццин бахъинги буго», - ян.

Халгьабе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аварагзаби магIсумияллъун, ай мунагьаздаса цIунараллъун рижана. Амма гьелдаго цадахъ бищун лъикI жидер хIалбихьараздасанги гьел ккола. Аллагьасе ﷻ бищун вокьулев нилъер Аварагасулцин ﷺ хIалбихьараб мехалъ нилъ щал кколел хIалбихьичIого тезе ккани!? Нилъедаго лъачIого къойида жаниб мегIергIанасел мунагьал гьарун ратула нилъеца.

ХIакъикъаталдаги кьвагьи ккун хварал нилъер диналъул вацал ва яцал шагьидзаби руго. Шагьидзабиги кIиго батIияб тайпаялъул рукIуна: дунялалъул ва ахираталъул шагьидал. Гьеле гьел ахираталъул шагьидалги ккола Аллагьас ﷻ тIаде балагь биччан, хIалбихьун хварал.

Аллагь ﷻ гурхIаги киназдаго. Амин!

 

 

Мурад ИсмагIилов,

Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул  председатель

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...