Аслияб гьумералде

Бусурбабазул гьумер

Бусурбабазул гьумер

РацIцIалъи цIуниялде нилъ ахIула диналъ гуребги, светияб гIелмуялъги. Гьединлъидал нилъеца сундулъго цIунизе ккола рацIцIалъи.  ГIибадатги гьабизе ккола черхги, какиеги чурун. 

 

Къуръаналда буго (магIна): «РацIцIалъи тIалаб гьабулел гIадамал Аллагьасе ﷻ рокьула», - ян (сурат «Ал-Бакъарат», аят 222). Цоги (магIна): «Лe, иман лъурал гIадамал! Нуж какде рахъунеб гIужалъ нужеца гьумерги, квералги чуре гIункIрукьалгун цадахъ, бутIрузда масхIуги гьабе, хIатIалги чуре, хIатIихинкIалгун цадахъ», - ян (сурат «Ал-Маидат», аят 6).

Гьебго аяталда буго (магIна): «Черхалда лъим ккедал, чурхдул чуре», - ян (сурат «Аль-Маидат», аят 6).

Бухариясги Муслимицаги бицараб хIадисалда буго: «Анкьида жаниб бетIерги черхги чуризе щивав бусурбанчиясда тIадаб буго», - абун.

Свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас ﷺ амру гьабуна малъал къунцIеян, цаби рацIцIеян, ретIел бацIцIадго цIунеян, кIикъого къоялдаса кватIизе течIого щибаб нухалда къвалакьаги гIавраталдасаги рас бетIеян яги кIкIваян.

Муслимица бицараб хIадисалда буго: «РацIцIалъи – иманалъул бащалъи ккола», - абун.

Хирияс ﷺ абулаан: «Нужеца ретIел-хьит бацIцIе, гIадамазда гьоркьор paтIaрахъизе лъалеб куцалъ уздангоги рукIа», - абун. (Абу-Давуд)

Цоги хIадисалда буго: «Нужеца рагьу бацIцIад гьабе», - абун.

«Щибаб рузманкъоялъ данделъиялде унаго, берцинаб ретIелги peтIун, чурхдулги чурун, гьуинал махIалги гьарун а», - абунги лъазабулаан свалат-салам лъеяв хирияв Аварагас. Цаби тIогьиллъун, рас букIкI-букIкIун, хIурул цIун чи вихьидалги свалат-салам лъеяв МухIаммад аварагас гьесда абулаан рацIцIалъи гьабеян (Байгьакъи, Баззар).

«Какил кIул - рацIцIалъи ккола», - янги абулаан свалат-салам лъеяв Аллагьасул Расулас ﷺ. (Тирмизи)

Гьедин нилъ рачунел руго исламияб диналъ сундулъго рацIцIалъи цIуниялде. Амма жакъа нилъер хIал бихьарав чияс кидаго абиларо гьаб бакIалда бусурбаби гIумру гьабун ратилин абун.

Кинаб бакIалде аниги рахъ-рахъалде рехараб рищни-къул камураб бакI халлъулеб гьечIо. Гьайгьай гIайиб рехизе бакI нилъер бугелъул, щибха гьеб кколеб? Рищни-къул баччизе тараб хасаб идараха. Кинабго гIайибги, жиндир заманалда рищни баччичIолъиялъул, гьезда буго.

РачIаха нилъерго гIамалалъухъ балагьилин. ЧIобогояб къалиги тун нилъеца аскIобего рехон тола рощнол къвачIа. Цоги, рищни-къул батIа гьабун базе къалал лъун рукIана цо заманалда, ай цIер базе, пластик рехизе, чед-квеналъе хасаб букIана. Лъицаха гьеб цIунараб? Гьелъие гIайибияв щив ккарав?

Нилъеца цIакъ бицуна Россиялъул регионазда кутакаб рацIцIалъи бугин абун. Гьел регионазул гIадамаз кванараб конфеталъул яги мороженоялъул къвачIа, нилъеца гIадин, цебе ккаралъубе гIодобе рехуларо, хасаб къалиялъубе гурони. Гьеб батичIони, бугеб бакIалде щвезегIан кодобги ккун босула.

Япония гIадал улкабазда рацIцIалъи цIунун буго, рищни-къул нахъе рехулелъул, рокъобго батIа-батIа гьабун тадбир гьабиялъ. Нилъецайин абуни кинабго бугIула цо таргьинибе, цинги къалиялде цере щведал хьвагIун балагьизабураб гьеб, бихх-биххунги ун, гьеб бакIго цIезабула. Нилъее гьелъулги щибго къварилъи гьечIо.

Больницаялда вегун вукIун вуго цо унтарав, ай гIакълуялъе жагъаллъи бугев чи. ЖанахIалъусан (коридор) унаго, гIечги хъарсун, хъал гIодобе балеб букIун буго. Больницаялъул жавабиял гьесде семидал, жаваб гьабун буго, аб бацIцIине тарал хасал гIадамал руго гуриян. Гьеб бугоха гIакълу сверарав чиясул жаваб. Гьебго пикруялда гIакълу камилал гIадамал ругони, кинаб цIар лъелеб?

РацIцIалъи цIунизе щивас хIаракат бахъизе ккола. Бихьизабураб низам цIунизе ккола. Щибго гьечIеб бакIалде рощнол таргьа рехани, хадусезги гьенибего рехула ва гохI лъугьуна. Гьеб буго тарбия гьечIолъиялъул гIаламат.

Низам цIунизе ккола киназго. Гьеб иш гIицIго жавабиязде рехун тани, гIадлу лъугьунаро. РацIцIалъи буго нилъер гьумер.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе. Амин!

 

хIамид МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...