Аслияб гьумералде

ТIад къаялъул сордо

ТIад къаялъул сордо

Авараглъи рещтIаралдаса анцIила кIиабилеб сон унеб букIана. Миладияб тарихалда рекъон гьеб букIана 621 сон. Ражаб моцIалъул 27 итни къоялъ аварагасухъе ﷺ  алжаналъуса, жиндир роржен къапараб бералдасаги хехаб Буракъги бачун ЖабрагIил малаик тIаде щвана. Авараг ﷺ  Буракъалда рекIана ва ЖабрагIил малаикгун цадахъ Иерусалимаде воржана.

 

Исраалъул хIакъалъулъ Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Жив ВацIцIадав ва ТIадегIанав вуго Аллагь ﷻ, жиндир лагъ МухIаммад ﷺ  авараг, сардил цо дагьабго заманалда жаниб Масжидул ХIарамалдаса Палестинаялда бугеб Масжидул Акъсаялде вачарав. Гьаб Масжидул Акъса бугеб ракь ккола цIакъ баракатаблъун гьабураб. Дица МухIаммад ﷺ  авараг сардилъ зобалазде вачана гьесда Дир махлукъаталъул гIажаибал жал рихьизаризе. ХIакълъунго, Аллагь ﷻ кинабго рагIулевги бихьулевги вуго».

ЖабрагIил малаикгун цадахъ авараг ﷺ  Масжидул Акъсаялда рещтIана. Гьеб букIана жеги ислам бачIиналдеги гIибадат гьабулеб бакIлъун.  Мажгиталъул кавабазда Буракъги бухьун, авараг ﷺ  жаниве лъугьана. Гьенире ракIарарал аварагзабаз нилъер аварагасда баркана. Аллагьасул вокьулес ﷺ  имамлъиги гьабун гьениб кIиго ракагIаталъул какги бана. Гьелда хадуб ЖабрагIил малаикас аварагасухъе ﷺ  цояб рахьдал, цогидаб жадул цIураб кIиго хъаба бачIана. Аварагас ﷺ  рахьдал цIураб хъаба тIаса бищидал, ЖабрагIилас абуна: «Инсанасул хасияталда рекъараб дин тIаса бищана дуца. Мунги дур умматги битIараб нухда рукIине руго. Жадул цIураб хъаба тIаса бищун букIарабани дур уммат мекъи ккелаан», - ян. Цинги Буракъалда рекIарав авараггун ﷺ  цадахъ, ЖабрагIил тIоцебесеб зодиве щвана ва каваби рагьеян ахIана. Каваби рагьун рачIиндал, аварагасда ﷺ  Адам авараг вихьана. Кваранаб рахъалда гьесул наслабазул алжан щварал рукIана, квегIаб рахъалда – жужахI щварал пасикъзабазул рухIал рукIана.  ТалихI щваразухъ балагьидал Адам гьимулев вукIана. Мунагьал гьаруразухъ валагьидал гIодулевги вукIана. МухIаммад ﷺ  авараг вихьидал, гIаламалъулго инсуца бищун лъикIасул саламалъе жаваб гьабуна. Цинги Адамица аварагасул ﷺ  рисалат ритIухъ гьабуна.

Гьелдаса хадур кIиабилеб зодире рахана.  Гьениб МухIаммад ﷺ  аварагас Закариял вас ЯхIя ва Марямил вас ГIиса аварагзабазе салам кьуна. Аварагасул ﷺ  саламалъе жавабги гьабун, кIиявго аварагасги МухIаммадил ﷺ  рисалат ритIухъ гьабуна.

Гьелда хадур лъабабилеб зодиве вахана. Гьенив аварагасда ﷺ  Юсуф авараг вихьана, гьесги аварагасул ﷺ  рисалат ритIухъ гьабуна. Ункъабилеб зодире рахиндал, Идрис авараг ватана. Гьесги аварагасул ﷺ  саламалъе жавабги гьабуна, рисалатги ритIухъ гьабуна. Щуабилеб зодиб ГIимранил вас Гьарун дандчIвана, гьесги цогиязго гIадин саламалъе жавабги гьабуна, рисалатги ритIухъ гьабуна. Гьениса анлъабилеб зодире рахана, гьенив ГIимранил вас Муса авараг ватана. Мусацаги саламалъе жаваб гьабуна ва цогиязго гIадин рисалатги ритIухъ гьабуна. Гьениса тIадехун рахуне журалаго Муса авараг гIодана. Аварагас ﷺ  гьесда цIехана: «Щай мун гIодулев?», - абун. Мусаца жаваб гьабуна: «Дун гIодулев вуго Алжаналъуре унел цIикIкIарасел гIадамал дир умматалдаса гурел, дида хадув вачIарав аварагасул ﷺ  умматалдаса рукIиналъ», - ин.

Анкьабилеб зодире рахиндал гьенив Ибрагьим авараг ватана. Зодир ругел малайкзабазул КагIба, Байтул МагIмуралдаги ваччун, гIодовчIун вукIана Ибрагьим авараг. МухIаммадил ﷺ  саламалъе жавабги гьабун, гьесги аварагасул ﷺ  рисалат ритIухъ гьабуна.

Гьениса жеги тIадехун рахунаго гьел кIиялго Сидратул Мунтагьаялде щвана. Гьенивги чIун ЖабрагIил малаикас тIокIалъ цевехун ине дие изну гьечIин абуна. Гьеб бакIалдаса МухIаммад авараг ﷺ  живго ине ккана цевехун.

ТIаде-тIаде вахунаго гIажаибал, берцинал пардавалги рахъун, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цевечIана нилъер хирияв авараг ﷺ .

Нилъеда лъала Аллагьасе заман ва бакI гьечIеблъи. Авараг ﷺ  гьениве вахинавиялъул гIиллаги букIана гьесда Аллагьасул ﷻ махлукъаталъул гIажаиблъаби рихьизари.

 Аллагьас ﷻ аварагасда ﷺ  абуна: «Гьаб сардилъ мун Дихъ гьоболлъухъ вуго. Дуего бокьараб гьаре Дида», - ян. Аварагас ﷺ  жиндиего щибго гьаричIо. Гьес Аллагьасде ﷻ гьарана умматалда гурхIайин. Гьединав ХIабибасул ﷺ  умматалдаса нилъ ругелъул, гьев ﷺ  разилъуледухъ хьвадизе тавпикъ батеги щивазе! Амин!

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...