Аслияб гьумералде

Къарумлъиялъ пайда гьабуларо...

Къарумлъиялъ пайда гьабуларо...

Цо пуланав чияс жиндирго бечелъи буссинабулеб букIун буго меседалде. Гьеб меседги гьес бахчулеб букIун буго лажбар жаниб букIараб банкаялъуб.

Гьебги букIун буго гьединалго чIорогоял банкабазда гьоркьоб лъун, гIадан-чи щаклъичIого вукIине. Гьев чиясул ясалъ рокъоб рацIа-ракъалъи гьабулеб мехалда, лажбаралъул чIорогоял банкаби ратидал, рищни балеб къалиялъуре рехун руго. Гьайгьай, гьездаго цадахъ гьенибе рехун буго месед жаниб бахчун букIараб доб банкаги. БачIун рищни баччулеб машинаялъ гьеб къалиги чIехьон шагьаралъулго рищникъул балелъубе щвезабун буго.

Бакъанида рокъове вачIарав эмен, щаклъи ккун месед бахчаралъубе ваккидал, гьесда гьениб батун гьечIо доб банка. ЦIех-рех гьабидал баянлъун буго гьеб рищниялда цадахъ араблъи. Гьеб мехалда, мадугьалзабазул лъималги цадахъ рачун, сапар бухьун буго гьев чияс рищни балелъубе гьеб хъирщизе. Батарав чиясе саламатабго къадар гIарцул кьезеги рагIи кьун буго. Амма кигIан хъирщаниги месед батун гьечIо ва дов «бечедав» къарумав чиги рекIел унтиги бачIун больницаялде ккун вуго.

ИсхIакъ абулев гIолиласул вукIун вуго къарумав имгIал. Умумуз абухъего, «гьес жинцагоги кваналароан, цогидазеги кьолароан». Гьединлъидал, гьесул лъицаго хIурматги гьабулароан. Жиндирго бечелъи квер щолелъуб букIине кколинги абун, гьев къарумас тIолабго боцIи меседалде буссинабулеб букIун буго ва гьеб хазинаги жиндирго ахикь бахчун букIун буго

Мех-мехалда вачIун гьес месед къватIибе бахъулаанила, рикIкIунаанила ва букIаралъубго лъолаанила. Цо нухалда гьесда жинцаго бахчаралъуб месед батун гьечIо. Гьесда лъан буго гьеб бикъун ун букIин. Чара бухIиялъ гьабизе жо тIагIарав къарумас ботIродаса рас бетIун балеб букIун буго.

Гьесда чIун бугеб къо бихьарав ИсхIакъица абула:

«ГIадада гIодуге, имгIал. Гьеб месед гьадингоги ракьулъ бегун букIана, дуца гьелдаса пайда босулебги букIинчIо. Дуе гьеб къваригIун букIарабани, дуца гьелдаса пайда босилаан, ракьулъ букъун течIого», - ян

Къарумлъиялдаса цIунейилан Аллагьасда гьарулелъул нилъер аварагас гьединал гIадамазул хIакъалъулъ абулаан:

«Къарумав чи Аллагьасдасаги, алжаналдасаги, гIадамаздасаги рикIкIад вуго», - ян.

ГIАЛИ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...