Аслияб гьумералде

Лъалезе гурони кьунгутIи

Лъалезе гурони кьунгутIи

Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола бусурбабаз лъалел чагIазе гурони салам кьунгутIи. Ибну МасгIудидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола лъалев чи вукIун гурони цояс цогидасе салам кьунгутIи», - ян. (АхIмад)

 

Цогидаб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялда цебе лъалезе гурони барки гьабизе гьечIо», - ян. (АхIмад)

Щибаб къавмалъул букIуна жиде-жидер кIодо гьариялъул рагIаби. Масала, ислам загьирлъизегIан гIарабазул букIана гIадат, дандчIвайдал кIодо гьарун, «ХIаякаЛлагь» цоцада абулеб. Гьелъул магIнаги ккола Аллагьас ﷻ дур гIумру халат гьабегийин абураб.

ТахIияталъул рагIаби киналго лъикIал руго, амма ислам бачIиндал кIодо гьариялъул рагIаби «Ассаламу гIалайкум» абураб жеги берцинлъана. «Ассалам» абураб рагIиялъул магIнаги рекъел, саламалъи, паракъалъи, битIараб пикру абураб ккола. Бусурбабазда гьоркьоб салам кьей ккола цоцазул гIумруялде, къартIалде, боцIи-малалде тIаде кIанцIунгутIиялъе къотIи кьей гIадаб жо. Жеги салам кьеялъулъ руго гIемерал пайдаби, масала, цоцадехун рокьи, вацлъи, кумекчилъи загьир гьаби гIадал.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужее цояз тахIият, кIодолъи гьабураб мехалъ, нужецаги гьелдасаги лъикIаб тахIият гьабе яги нужее гьабураб гIадаб тахIияталдалъун жаваб гьабе. ХIакълъунго, Аллагь Жинца кинабго жоялъул хIисаб ва жаза гьабулев вуго», - ян. (Сурату «Ан-Нисаъ, аят 86)

Гьаб аят буго муъминзабаз цоцазе салам кьеялъул баян. Исламияб диналда жаниб кIиго яги цIикIкIун чи дандчIвараб мехалъ цоцазе салам кьей суннаталдасан буго. Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Дир нафс жинда кодоб бугев Аллагьасул цIаралдалъун гьедула дун, нуж алжаналде лъугьунаро нужеца иман лъун гурони. Нуж иман лъуралги рукIунаро цоял цоязе рокьизегIан. Дица нуж тIоритIилищ гьеб ишалде, нужеца жиб гьабуни нуж цоцазе рокьулеб!? Нужеца салам кьей тIибитIизабе», - ян. (Абу Давуд)

Жакъа къоялъцин гьедигIан хирияблъун бугеб салам кьей нилъеца тIибитIизабуларо лъалезда гьоркьобцин.

 

Жабир Мажидов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...