Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Къурбанкъоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей буго (къурбан хъвей).

 

Къурбаналъе хъураб жо Къиямасеб къоялъ бачIине буго жиндирго лълъурдулгун, расалгун, щанкIлалгун, гьелъул би ракьалде тIинкIилалде Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб бакIалде бахуна, гьединлъидал къурбан хъвеялдаса рохизе ккола. Гьедин абулеб буго Абу-Давудгун Тирмизияс бицараб хIадисалдаги.

 

Къурбан хъвеялъул хиралъи

«РакI разиго, кири щвезе букIиналда ракIги чIун, Аллагь ﷻ разилъиялъул мурадалда, жинца къурбан хъурав чиясе жужахIалда цебе пардавлъун чIола». (ХIасан ибну ГIали).

«Къурбанкъоялъ бищун Аллагьасе ﷻ гIарац хвезабизе бокьулеб бакI къурбаналъе хъвезе жо боси буго». (ТIабарани).

«Къурбаналъе хъолел хIай-ваназул бищун хирияб хIайван жиндир багьаги цIикIкIараб, бищунго жибги кьарияб буго». (АхIмад ХIаким).

Хирияв Аварагас ﷻ жиндирго яс ФатIиматида абуна: «Я ФатIимат, дудаса къурбан хъолаго мун гьелда аскIой яхъун чIа, дуда лъаларищ, гьелъул тIоцебесеб бидул тIири ракьалде тIинкIараб сагIаталъ, дуца гьабурабщинаб мунагь чурула, дуда лъаларищ, гьеб къурбан Къиямасеб къоялъ жиндир гьангун, бигун цадахъ бачIунеблъи, лъабкъоялда анцIго нухалъ цIикIкIинеги гьабун ва гьеб дур гIамал цIалеб цIадироялда тIадги лъолеблъи», - абун.

АбусагIидил Худрияс абуна: «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷻ, гьаб жо МухIаммадил агьлуялъе хасаб жойищ, хасаб батани, нуж гьелъие мустахIикъалги руго яги МухIаммадил ﷻ агьлуялъеги цогидазеги гIаммаб жойищ», - ан. Гьес ﷺ абуна: «Гьеб буго МухIаммадил агьлуялъеги цогидазеги гIаммаб жо», - ян. (Ибну Абу-Дуня).

АсхIабзабаз гьикъанила: «Я Аллагьасул ﷻ Расул, къурбан хъвей щиб жо кколеб?» - ан. Гьес ﷺ абуна: «Нужер эмен Ибрагьимил дин буго», - ян. Гьез гьикъанила гьелдаса жидее щиб букIунебилан. Гьес ﷺ абуна: «Щибаб рас рикIкIун лъикIлъи хъвала», - ян абун. (Ибну Мажигь).

«Нужеца къурбаналъе хъолеб хIайван кIудияб хъве, Къиямасеб къоялъ нужги тIад рекIун, гьеб Алжаналде ине буго» (Дайлами).

Байгьакъияс бицараб хIадисалда буго: «Къурбаналъе хъураб хIайваналъул бидул щибаб тIири рикIкIун, гьеб жиндаса хъурав чиясе лъикIлъи хъвала», - абун.

(«ИтхIаф»).

 

ГIабид Расулов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...