Аслияб гьумералде

РитIухълъиялъул аслу

РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб.

Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул хIасил. 

 

Адаб абураб рагIул магӀнаги ккола щивав чиясда жаниб лъикӀлъи, ритӀухълъи, лъикIал хасиятал рукIин. Умумуз абулаан, адабалъ гурони чи кIодоги гьавуларин, адаб теялъ гурони гIодовегIанлъизеги гьавуларин абун. 

Жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб халкъ цебетӀоларо ва церетIезе ресги гьечIо. Гьединаб жамгIият ахир-къадги биххула, щущан уна.

Адабалъ инсанасул гӀумру берцин гьабула ва цогидазе лъикIлъиги щола. Адаб бугин абизе бегьула муъминчиясул ярагъ яги гьесул лъикӀав гьалмагъ. КигIан заман индалги адабалъул къимат холаро ва адабалда ракьалда хьвадулев вукIарав чи, цевеса аниги, кIочонги толаро.

Цо-цоязда ракIалда ккола жал кутакалда адаб цIунарал ва берцинаб тIабигIат чорхолъ бессарал чагIи ругилан. Гьединазда жидерго гIунгутIабиги рихьуларо. Инсан ругьунлъизе ккола жиндирго гӀунгутӀаби рихьизе ва гьелдаго цадахъ, адаб гьабизеги ругьунлъани, гьесда тIасан яги хадуб гьабулеб гIадамазул калам къанагIат гурони букIунаро. 

ГӀадамаз хӀаракат бахъула берцинаб ретӀел-хьит ретIизе, машина, рукъ тIалаб гьабизе ва гьелдалъун чIухIи бихьизабизе. КигIан гIемераб бечелъи букIаниги щиб, адабалъ гурони чи тIадегIан гьавулареб мехалда. Мина-картги, машинабиги ва цогидабги тIадегIанлъун бихьи ккола адабалъул къимат лъаларев чиясул пикру. 

Щивав муъминчиясе мисаллъун ккола МухӀаммад авараг ﷺ. Киналго муъминзабаз хӀаракат бахъула Аллагьасул Расуласул ﷺ тӀадкъаязда рекъон гӀамал гьабизе ва сундулъго гьесдаса мисал босизе.

Адаб гьечIолъиялъ бусурбабазда гьоркьоб гуребги, цогидазда гьоркьобги, балагьал загьирлъула. Гьелде кIвар кьезеги ккола. 

Киназдаго лъала, аварагзаби гурони, цониги чи камилав гьечӀевлъи. Аллагьас гӀадамал рижана мекъи кколеллъун, амма гьелъухъ балагьичӀого, щивав муъминчияс хӀаракат бахъизе ккола кIварабгIан куцалда камиллъизе. Жинцаго гьабулелъул хIисабалдаги вукIине ккола инсан.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...