Аслияб гьумералде

МугIрузги цIалулеб

МугIрузги цIалулеб

МугIрузги цIалулеб

Бисмиллагьалъул хиралъи цIакъго кIудияб буго. Исламалъул гIалимзабаз тIехь хъвалеб мехалъ «БисмиЛлагь» хъван байбихьула. Бокьараб лъикIаб пиша гьабулеб мехалъ «БисмиЛлагь» абизе беццула.

 

Гьелъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисалги асаралги рачIана.

Ибну ГIабасица рехсараб хIадисалда буго: «МугIалимас жиндирго цIалдохъанасда абидал "бисмиллагьи рахIмани рахIим" абеян, мугIалимасеги васасеги ва гьесул эбел-инсуеги Аллагьас ﷻ жужахIалдаса хвасарлъи хъвала», - ян.

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ бусурбанчиясул шайтIанги капурчиясул шайтIанги дандчIвала. Амма капурчиясул шайтIан кьарияб букIана ва муъминчиясул щайтIан хIалакъаб букIана. Цинги кьариялъ гьикъула хIалакъалда: «ГьадигIанго цIакъ хIалакълъизе ккани дуе ккараб щиб?» -  абун. ХIалакъалъ жаваб гьабуна: «Дун цадахъ вугес рокъове лъугьуневщинахъе, кваналевщинахъе кидаго бисмиЛлагь бахъула. Гьединлъидал дунги бугоха гьадин хIалакъго», - абун. Кьариялъ бицана гьадин: «Дун цадахъ вугев чияс сундулъго бисмиЛлагь бахъуларо. Дун кидаго гьевгун цадахъ кванала, гьекъола, рокъобе цадахъ лъугьуна, цадахъ бегула, бахъуна», - абун.

Абу Муслим Хавланиясул гъараваш гьесие загьру кьолей йикIана. Амма загьруялъ зарал гьабулеб букIун гьечIо. Цинги гъаравашалъ гьесда бицуна загьру кьолеб букIанин ва гьикъула асар гьабунгутIиялъул хIикмат. Абу Муслимица гьелда гьикъула: «Дие загьру щай кьолеб букIараб?» - абун. «Мун херлъун вукIиналъ хвезе кьолеб букIана», - ян кIалъала гьейги. Гъаравашги тархъун гьес абула: «Дица кваналевщинахъе бисмиЛлагь бахъулеб букIана, гьединлъидал загьруялъ дие асар гьабичIо», - ян.

Хирияб Къуръаналда рехсей гьабурав Лукъманида гIодобе рехун батула «БисмиЛлагь» хъвараб кагъат, гьелъул хIурматги гьабун, кодобе босула. Гьеб сабаблъун ккарабила ТIадегIанав Аллагьас гьесие хIикматаб гIелму кьеялъе.

Къаси кьижулеб мехалъ къоло цо нухалъ «БисмиЛлагь» бахъун вегани, гьеб сордоялъ инсан шайтIаналдаса, гIадамазул, женазул квешлъи-заралалдаса, цIогьалдаса, цIаялдаса ва кинабниги балагь-къварилъиялдаса цIунула.

ГIикриматица ГIали-асхIа-басдасан бицараб хIадисалда буго: «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим» рещтIараб мехалъ мугIруз тасбихI гьабуна ва Маккаялъул агьлуялда гьеб рагIидал, мушрикиназ абуна: «МухIаммадица мугIрузе сихIру гьабуна», - ян. Цинги ТIадегIанав Аллагьас Маккаялъул агьлуялде тIаде кIкIуй битIула. Хирияв Аварагас ﷺ абула: «БисмиЛлагь ракIчIун цIалани, цадахъ мугIрузги тасбихI гьабула, амма гьесда рагIуларо», - ян.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...