Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ салам

Аллагьасул ﷻ салам

Аллагьасул ﷻ салам

Унтарасухъе щвезе ин буго гьесул ракIги боххизабулеб, щвезе арасе кириги щолеб, кIиязулго гьоркьоблъиги лъикIлъизабулеб жо. ШаргIалда цIакъ беццараб, аварагас ﷺ жинде гьесизарураб жоги ккола гьеб.

 

ХIадисалда буго: «Унтарасухъе ваккизе арав чи алжаналъул ахазукь гIодов чIаравлъун вукIуна. ТIадвуссинелъун тIаде вахъиндал Аллагьас ﷻ лъабкъоялда анцIазарго малаик вакил гьавула сордо рогьинегIан гьесде свалат битIизе» (Тирмизи). Цоги хIадисалда буго: «Цо чи унтарасухъе ваккизе индал, гьев Аллагьасул ﷻ рахIматалде гъорлъе лъугьуна. Унтарасда аскIов гIодов чIедал, гьеб рахIмат гьесулъ щулалъун чIола» (МуватIаъ).

 

ВачIинеги лъай, инеги лъай

Дагьа-макъабго унти бугоницин суннатаб буго унтарасухъе ваккизе ине. Аркъамил вас Зайдица абуна: «Дагьабго унти бералдеги щун дун вукIараб мехалъ, дихъе ваккизе вачIана авараг ﷺ», - ян (Абу Давуд).

Аварагасул ﷺ суннаталда нахъвилълъиналдасан ккола сабру гьабеян унтарасде амру гьаби. Ажру щвезе букIин гьесде ракIалде щвезаби. Гьесие сахлъи щвагиян дугIа гьаби. Аварагас ﷺ унтарасе гьабураб дугIа буго: «КIудияб ГIаршалъул ТIадегIанав БетIергьан Аллагьасда ﷻ дица гьарула Живго бетIергьанаб сахълъиялъ мун сах гьавеян». (Тирмизи)

Гьоркьоб лъикIаб лъай-хъвай букIинги шартI гьечIо, пуланав бусурбанчи унтун вукIин лъараб гIола гьесухъе ваккизе ине суннатлъиялъе ва хиралъи щвеялъе. Амма бидгIачи яги гьесда релълъарав чи унтидал, гьесухъе ваккизе ине карагьатаб буго. Гьедин хъван буго «ШархIул-Мафрузалда».

ЛъикIаб гьечIо унтарасда аскIов халат чIезе, гьеб карагьатабцин буго. Магьранил Сулайман абун чIахIиял табигIиназдаса чи вукIун вуго. Лъабкъоялда анцIго соналъ имамасда хадуб как бухьиналъул «Аллагьу акбар» борчIичIев, даража тIадегIанав гIибадатчи вукIана гьев. АгIмаш абураб цIаралда гъоркь машгьуравги вуго гьев. ХIакъаб жоялъулъ махсаро камулеб букIун гьечIо гьесул. Цо нухалъ, унтарав АгIмашихъе щвезе рачIун руго гIадамал. ГIемераб заманалъ гьесда аскIор чIун руго гьел. Ахирги нахъе ине хиялго гьез гьабичIеб мехалъ, тIадеги вахъун, къвалакь къандалъоги ккун абун буго: «Аллагьас ﷻ нужер унтарасе сахлъи кьеги», - ян. Гьединги абун къватIиве ине АгIмаш лъугьиндал кантIун руго гьесухъе щвезе рачIун рукIарал.

АгIмашица гьабураб гьабизе анищан унтарасда ракIалдеги ккезабичIого хехго тIадруссине лъазе ккела щвезе арав чиясда. ВачIинеги лъай, инеги лъай абураб умумузул абиги унтарасухъе щвезе аралъуб, кIочон тезего бегьуларо. Аварагасдасан ﷺ бицана: «Унтарасухъе раккизе иналдалъун щолеб хирияб, бищунго цIикIкIараб кири, гьесда аскIоса хехго рахъунеб раккизе ин буго», - ян (Файзул-Къадир). АскIов чIеялдалъун унтарасул ракI гъолеб яги гьесие баракат щолеб бугони, гIицIго гьеб мехалъ ихтияр букIуна халат бахъун аскIор чIезе.

Ибну МасгIудица (р.гI.) абулаан:

- Дида рагIана аварагас ﷺ абулеб: «Нужер цонигияв унтарасухъе щвезе индал гьесда аскIор кванаге. Гьесда аскIоб щибниги жо кванарав чиясе гьесухъе щвезе иналдаса щвараб кири гьес кванараб жо буго», - ян (Дайлами).

Унтарасухъе щвезе аралъуб кванаялъ гьенире иналъул кири хвезабулин абураб гIадаб магIна кьола гьеб хIадисалъ. Гьединлъидал нилъецаго гьабураб гIамалалъул кири цIунизе лъазе ккола («Кашфул Гъуммагь»).

 

Унтарасе малъа-хъвай

Унтарасул дугIа къабулаб букIунелъул, суннатаб буго нилъеего дугIа гьабеян гьесда гьаризе. Ваккизе вачIарасе лъикIаб буго унтарав, васият гьабиялде кантIизавизе ва тавбу гьабиялде гьесизавизе. ЛъикIаб буго, гьединго, гьесдехун рахIмуяб балагьи гьабеян унтарасе хъулухъ гьабулев чиясда гьаризе. Хъулухъ гьабиялъулъ бихьулеб захIмалъиялда сабру гьабеян абизе.

Цебе рехсон букIаниги, цIакъго кIвар бугеб жо бугелъул ракIалде щвезабулеб буго: унтарасда аскIоса тIадруссун ине кIванагIан гIедегIил гьабизе ккола. Унтарасул чанги батIияб бахчараб гIузру букIуна, чанги хIажат тIаде бачIуна. Гьединаб хIалалда тIаде рачIараздаса нечон, хIажат загьир гьабизе намуслъун, гьесие зарал ккезе рес букIуна. Гьединлъидал, унтарасе зарал ккезе гурелъул гьесухъе щвезе унел, унгеян унтарас абуниги лъазе ккола нахъруссине.

Аллагьас ﷻ унтаразе сахлъи кьеги! Амин!

 

ХIабиб ХIажигIалиев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...