Аслияб гьумералде

Къиматал къоял

Къиматал къоял

Умумуз гIемер бицунеб рагIула, гьаб заман бугин кутакалда гьарзаяб, дунял-ахират цадахъ бачине бигьаяб. Гьеб битIараб букIин нилъедаги лъала. Щайин абуни, жакъа динги магIишатги гьабизе бокьаразе щибго гьечIелъулха квалквал гьабулеб жо. Гьединлъидал кIудияб талихI буго, жиндие кьурал къояздаса пайдаги босун, дунялги ахиратги цадахъ бачине лъарасе. ТалихIкъаравги вуго, лъикIаб гIамал гьабиги метералде тIамун, гIумрудул къиматал къоял гIадада риччалев чи.

 

Къусам ибну ХIабиб абурав шагIирас хъвалеб буго:

«Нилъее кьурал дунялалъул къоял, хIажатазда хадур лъугьун уна,

Амма дунялалда вугебгIан мехалъ, хIажатал лъугIуларо.

Аллагьас кьурал къоял лъугIун, гьесул хIажатал цадахъ уна,

Амма ахираталъе бищун къваригIараб, гьеб къоялъ цадахъ батуларо», - ян.

ГIумар-асхIабас абуна: «Хасел гIибадат гьабулесе хазина буго», - ян. ГIабдуллагь ибну ГIумарица бицараб машгьураб хIадисалда буго: «Цо нухалъ свалат-салам лъеяв авараг мажгиталде вачIана. Жаниве лъугьиндал гьесул берчIвана кIиго къокъаялда. Цоял - зикру бачун, какал ран гIибадаталда, цогидал - гIелму цIалун, шаргIиял ахIкамал лъазарун ругезда. Хирияв аварагас ﷺ , гьезухъги валагьун, абуна: «КигIан лъикIха кIиябго мажлис бугеб, кинниги дие цояб цIикIкIун бокьана. Гьал зикру бачунел, дугIа гьабулел ругел, Аллагьасе бокьани, ихласалда гьабуни Аллагьас гьезул гIамал къабул гьабила. Амма цогидал, ай Аллагьасул дин лъазабулел, цогидазда гIелму малъулел руго, дунги БетIергьанас гIадамазда дин малъулевлъун витIун вуго, дие гьаб мажлис цIикIкIун бокьила», - ян. Гьезда аскIов гIодовги чIана хирияв авараг ﷺ ».

Цебе рехсараб баян гьабулеб буго Абу-Умаматица бицараб хIадисалъги. Цо нухалъ хирияв аварагасда гьикъана: «ГIелму цIалун, дин лъазабулев чийищ хирияв вугев, гIелмуги цIаличIого гIибадаталда чIаравищ?» - ан. Аварагас абуна: «ГIелму цIалулесул хиралъи, гIибадат гьабулесде дандеккун, дир хиралъиялда релълъун буго, нужер бищун гIодовегIанасда тIад», - ан. Гьал хIадисаздасан бичIчIулеб буго, гIибадат гьабизе ккани гIелму букIине кколеблъи. ГIелмуги гьечIого гьабураб гIибадат загIипаб букIунеблъи.

Заман ун бугин, херлъун вугин абун чанги чияс как-кIал камил гьабиялде кIварго кьоларо. Ригь арав цо чияс бусурбабазул халифасда абула: «Гьанже херлъараб мехалда гIелму цIализе, дин лъазабизе мадрасалде ине нечолев вуго», - ян. Халифас абула: «Мун нечонищ вугев дур гIумруялъул ахир, гIумрудул авалалдаса лъикIаблъун гьабизе», - ян.

Бусурбабазул цевехъан Гьарун Рашидихъе рачIараз абуна: «Я, муъминзабазул бетIер! Нижер гIолохъанлъиги гIелму цIаличIого ана, херлъидалги дунялалде машгъуллъун руго, нижеца щиб гьабилеб?» - ян. Халифас абуна: «Гьанже гIелму цIализе, дин лъазабизе нуж лъица толел гьечIел, гIелму цIалулел рукIин нужее лъикIаб буго, жагьиллъиялда разилъун рукIиналдаса», - ян. Хадубги гьез гьикъана: «Чан сон базегIан гIелму цIализе бегьулеб?» - ян. Халифас абуна: «Дунялалда ругелгIан мехалъ», - ан.

 

ХIадис

«КигIан лъикIха кIиябго мажлис бугеб, кинниги дие цояб цIикIкIун бокьана. Гьал зикру бачунел, дугIа гьабулел ругел, Аллагьасе бокьани, ихласалда гьабуни Аллагьас гьезул гIамал къабул гьабила. Амма цогидал, ай Аллагьасул дин лъазабулел, цогидазда гIелму малъулел руго, дунги БетIергьанас гIадамазда дин малъулевлъун витIун вуго, дие гьаб мажлис цIикIкIун бокьила», - ян.

 

 

Исрафил МухIумаев, Хунзахъ районалъул имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...