Аслияб гьумералде

Мунапикъ вугодай?

Мунапикъ вугодай?

ХIурматиял казият цIалулел! Ислам баккаралдаса нахъе камичIо бусурбабазда гьоркьор исламалъул цIаралда гъоркь рахчарал кIигьумерчагIигун мунапикъзаби. Аллагьасдехун бугеб рекIелчIеялда жаниб нифакъ бугев чи ахираталда бусурбабазул къокъаялда гъорлъцин вукIунаро. Нилъер гьаниб бугеб бицен гьединазул гуро бугеб.

 

Мунапикъзабазул цогидаб тайпа ккола рекIелъ цо букIун, кIалалда цогияб бугел гIадамал. Гьезда кIигьумерчагIийинги абула. Халкъалда гьоркьоб питнаги гьез бекьула. Щайгурелъул, кире аниги гьезда рекъезабулел рукIуна. Гьединал гIадамаздасан халкъалда гьоркьоб рагъ-кьалги ккола. Цояз абулеб цогидазухъе босун гьел хьвадулел рукIиналъул хIасилги ккола гьеб.

ХIасаница абун буго: «Нифакъалдс ккола мацIги ракIги цоцазе хилиплъи…», - ян. Бичасул аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ГIадамазда гьоркьов бищун квешав чи кIигьумерчи вуго. Гьазухъе цо гьумергун вачIунев, долцоязухъе цоги гьумергун вачIунев», - ян. (Бухари, Муслим)

Цо-цо гIадамал цIакъго божараллъун рукIуна жал кколарин гьел мунапикъзабиян абун. Мунапикълъиялдаса цIунарав чи цониги вукIунаро. Щивав чиясе рекъараб буго гьелдаса хIинкъун рукIине. Жинда Аллагь разилъаяв ХIузайфатица бицун буго: «Цо чияс дида абуна дун хIинкъун вугин мунапикълъун ватилин абун. Дица гьесда абуна, мун мунапикъ вукIаравани гьелдаса кидаго хIинкъизе вукIинчIо. Мунапикъ кидаго божаравлъун вукIуна жив гьев гурин абун», - ян.

ГIалимзабазул цо бутIаялъ абулеб буго: «Нифакъалде бищунго гIагарав чи ккола, жив гьелдаса вацIцIадав вугин жинда ккарав», - ян.

ХIузайфатица абун буго: «Аварагасул ﷺ заманалдаса гьанже мунапикъзаби гIемер руго. Доб мехалда гьел балъго рукIунаан, гьанжейин абуни гьез загьир гьабулеб буго жидерго къасдал», - ян.

Гьесго абуна, мунапикъзабазда рачIчIал рижулел рукIаралани ракьалда тIад хIетIе чIезе бакI щвелароанин абун.

Ибну ГIумарида рагIана цо чияс ХIажажида нахъасан хабар бицунеб.

– Дуда цеве ХIажаж вукIаравани абизе букIанищ дуца гьеб, - ян гьикъана гьесда. БукIинчIин жаваб кьуна гьев чияс.

Цинги Ибну ГIумарица абуна, Бичасул аварагасул ﷺ заманалда гьединаб иш нифакълъун рикIкIунаанин абун.

Гьаб заманалда нилъеда рагIани цогиясда нахъасан лъикIаб гуреб хабар бицунев чи, гьесдаги гьикъизе ккола гьединго. Гьесул жавабалда бараб букIинаха хадусеб жавабги. Бокьа-бокьараб мацIалъ бицун нилъ тIубаларо. Абун араб щибаб рагIул букIуна жиндирго асар. Гьединлъидалин бицунебги гьабулебги цого букIинабизе хIаракат бахъизе кколеб нилъеца. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги киназего.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...