Аслияб гьумералде

ХIажат тIубаялъе

ХIажат тIубаялъе

ХIажат тIубаялъе

БетIергьан Аллагьас рахI-матлъун кьун буго халкъалъе, хасго инсанияталъе гIемераб нигIмат. Дунялалда кинабго жоги гIуцIун буго сабабазда хурхинабун. Къуръаналъул аятазда ва сурабазда гъорлъ руго нилъее сабаб-кумекалъе хIалтIизаризе бегьулел бакIал. Гьездасан ккола нилъеца какилъ цIалулеб суратул «ФатихIат».

 

МухIидинил ГIарабиясдасан бицун буго, жиндир цониги хIажат бугев чияс маркIачIул как ва гьелъул ратибат бан хадуб гIодов чIараб бакIалдаса тIаде вахъинчIого кIикъого нухалда суратул «ФатихIат» цIалани, хадуб гьаб дугIаги гьабуни: «Илагьи гIилмука кафин гIани ссуали икфини бихIакъил фатихIати суълан. Ва карамука кафин гIанил макъали акримни бихIакъил фатихIати макъалан ва хIассил ма фи замири», - абун, цинги гьелда хадуб жиндирго хIажатги гьарани, Аллагьас гьеб тIубалин абун. Гьелъул хIалбихьана чанго нухалъилан хъвалебги буго.

Бичасул Аварагас ﷺ абуна: «ФатихIатул китаб» ккола муъминзабазул къасдал рагьулеблъун. Какичуриялда вукIаго анкьго къоялъ 70 нухалъ цIалун бацIцIадаб лъеде тIаде пуни, цинги гьеб гьекъани, Аллагьас гьесие кьола гьеб ФатихIаталъул хиралъиялдалъун хIикматгун гIелму. Гьесул ракIги бацIцIад гьабула мекъал пикрабаздаса. Жеги гьев цIодоравлъунги гьавула, жинда рагIараб жо киданиги кIочонаревлъун», - ян.

Суратул «ФатихIаталъул» хаслъабаздасан ккола, рогьалил паризаябги суннатабги каказда гьоркьоб 41 нухалда унтараб бералде гьеб цIалани, Аллагьасул изнуялдалъун гьеб хехго сахлъила. Гьелъул хIалбихьана ва битIараблъун батана. Гьелъулъ бугеб хIикматги бугин буго унтарасулги цIалулесулги гьелъул сабаб ккеялде щулияб игIтикъад букIин.

Гьебго къадаралда унтараб гIусалде цIалани, гьебги сахлъила. Гьединго сапаралъ унесул гъванщида кверги лъун гьебго къадаралъ цIалани, гьеб сапаралда БетIергьанас гьев цIунила ва берцинго рокъове тIадвуссун вачина.

Гьелъулго хаслъабаздаса ккола, унтараб бакIалда кверги лъун, анкьго нухалъ суратул «ФатихIатги» цIалун гьелда хадуб гьаб дугIаги анкьго нухалъ гьабуни: «Аллагьумма азгьиб гIанни суа ма ажиду ва фухIшагьу бидагIвати набийика МухIаммадин ﷺ алмубаракаил Амини гIиндака», - абун, Аллагьас гьев чи сах гьавила.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...