Аслияб гьумералде

ГIажаибаб къиса

ГIажаибаб къиса

Цере рукIарал асхIабзабазул, гIалимзабазул къисаби цIалиялъ нилъер ракIал рорчIизарула, кантIизарула. Гьезул къисабазда жаниб нилъее дарсги камуларо.

Цо сордоялъ муъминзабазул амир ГIумар ибн ал-ХатIаб къватIиве вахъуна гIадамазул лъикIал ишазухъ халгьабизе. Шагьаралда сверулелъул гьесда рагIула цо рокъоса пуланаб кIалъай

 

Эбелалъ абула: «Дир яс, рахьдаде гъорлъе лъим жубай (бичулеб къадар цIикIкIинабизе)», - ян. Ясалъ жаваб кьола: «Я эбел, дуда лъаларищ муъминзабазул амирас гьеб гьукъун букIин», - ян. Эбелалъ абула: «Я дир яс, рахьдалъе лъим тIей, ГIумарида нилъ рихьуларо», - ян. Ясалъ жаваб гьабула: «Я дир эбел, ГIумар-асхIабасда нилъер хIакъикъат лъалеб гьечIониги, хIакълъунго ГIумарил БетIергьанасда лъала! Дун дуе мутIигIлъиларо Аллагьасе гIассилъи гьабулеб жоялъулъ», - ян.

Аллагь разилъаяв ГIумарида рагIула гьеб кинабго ва ясалъул каламалъ гьесие асар гьабула. Гьес жиндирго хIалтIухъан Асламида абула: «Гьаб рукъ ракIалда чIезабе», - ян.

Радал халипас абула: «Я, Аслам, мун доб бакIалде а, лъазабе гьел руччаби щалали ва гьей ясалъул рос вугищали», - ян.

Аслам гьеб бакIалде уна, лъазабула гьел руччаби ХIарам къавмалъул рукIин. Ясалъул рос вукIунаро ва гьелъул эбелалъулги бетIергьанчи ватуларо. Гьес хIакъикъат бицуна ГIумар-асхIабида. Цинги ГIумарица жиндирго васалги ахIун, гьикъула: «Нужеда гьоркьов вугищ пуланай гIадан лъадилъун ячине бокьарав», - ян.

ГIабдуллагьица абула жиндир лъади йигин абун. ГIабдурахIманицаги абула гьединго. ГIасимица абула гьей жинца ячинин абун.

Гьес гьей ячуна ва гьезие гьаюла Лайла абурай яс. ГIасимил яс Лайла росасе кьола ГIабдулгIазиз ибн Марвание ва гьезие гьавула ГIумар ибну ГIабдулгIазиз. Нилъеда лъала ГIумар ибну ГIабдулгIазиз вукIаравлъи ритIухъав халип. Гьесул вилаяталда вакъарав чи толароан. РитIухълъиялъул рахъалъ гьесие кьуна щуабилев ритIухъав халип абураб цIарги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...