Аслияб гьумералде

Баракатаб гIуж

Баракатаб гIуж

Байгьакъияс рехсон буго Аварагасул ﷺ яс ПатIиматица бицанин: «Цо нухалъ рогьалил гIужалъ дун егизе яхана (гьеб букIун буго рогьалил какдаса хадуб, бакъ баккизегIанго заман). Гьеб гIужалъ нижехъе вачIана Бичасул авараг ﷺ ва жиндир хIетIеялдалъун дидаги цун, гьес ﷺ абуна: «Дир яс! ТIаде яхъа ва хIадурлъун йикIа ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ ризкъи рещтIиналъе, мун тасамахIайлъун йикIунге! Аллагьас ﷻ гIадамазе ризкъи биччала рогьел рещтIаралдаса бакъ баккизегIан», - абун.

ГIаишатица бицараб хIадисалдаги буго Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца Аллагьасда ﷻ ризкъи радал гьаре, гьеб гIуж буго баракатаб ва мурадал анищазде щолеб (дугIа къабул гьабулеб абураб магIна)», - ян.

Цояв вачIун вуго Ибрагьим ибну Адгьамихъе ва лъугьун вуго гьевгун къацандизе баракат абураб жо дида бичIчIуларин ва гьечIин гьединаб жойин абун. Ибрагьимица гьесда цIехола: «Дуда бихьанищ гьой ва чахъу?» - абун. Гьес жаваб гьабула рихьанин. Нахъеги Ибрагьимица цIехола: «Киназ тIанчIи гIемер гьарурел ва киналъул наслаби гIемер тIиритIулел?» - абун. ДагIбадулас жаваб гьабула: «Гьвеялъ гьабула анлъго-анкьго тIинчI, чахъуялда абуни къанагIат гурони лъабгоялдаса цIикIкIун гьабизе кIоларо», - ян. Цинги Ибрагьимица абула: «ЛъикIго валагье сверухъе ва хал-шал гьабун бихье кина гIемер ругелали», - абун. Жаваб гьабун гьес абула гIи гIемер бугин абун. Ибрагьимица нахъеги абула: «Чахъаби гьанай хъола, амма гьезул къадар кинго дагьлъуларо», - ян. ДагIбадулав гьелъие мукIурлъула. Цинги Ибрагьимица абула: «Гьеб жо буго доб баракат», - ин. Ибрагьимица рехсараб мисал гIемер бичIчIичIого гьес нахъеги цIехола: «Щайха гIияда гьеб (баракат) бугеб, гьазбазда гьечIеб?» - абун. Жаваб гьабун Ибрагьимица абула: «Щайгурого чахъаби сардил авалалда кьижула ва рогьалилъ тIадеги рахъуна. Аллагьасул ﷻ баракат-рахIматал рещтIунеб гIуж рорчIун рукIун тIобитIула ва гьезде баркат-рахIматги рещтIуна. Гьаби абуни, тIубараб сордоялъ хIапдола, доре-гьанире рекерахъдула ва рогьел баккулеб гIужалъ кьижула. Аллагьасул ﷻ баракатгун рахIматал рещтIунеб гIуж гьез кьижун инабула ва баркат-рахIматалдасаги махIрумлъула», - ян.

Жиндир къо баракатаблъун букIине бокьарав чиясе рекъараб буго радал хехго тIаде вахъине ва гьарулел ишалги гьеб гIужалдаса байбихьизе.

Ибну Мажагьица рехсолеб буго рогьалил гIужалда хурхун Аварагас ﷺ гьабураб дугIа: «Я Аллагь ﷻ, Дуца дир умматалда баракат лъе рогьалил гIужалда», - ян.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...