Аслияб гьумералде

Сабру тIагIин буго балагь

Сабру тIагIин буго балагь

Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна. Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ ракI бакъвазабун гIодунин абун щибго къварилъи гьечIо, ракIалдалъун нилъ Аллагь разияб нухда ругебгIан мехалъ.

 

Гьединаб лъугьа-бахъин ккедал Аллагьасулгун ﷻ хурхен щулаго ккун, Гьесул хIукмуялда разилъун, аварагас ﷺ малъаралда нахъ рилъун чIела. Гьединаб заманалда, лъикIаб насихIатлъун ва сабру гьабизе бигьалъиялъе сабаблъун букIине, аварагасул ﷺ чанго хIадис рехсезин.

 Муслимица бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ бицун буго: «Муъминчиясул бугеб гIажаибаб хIал. Кинаб ахIвал-хIалалда гьев вугониги цогиясе кьечIеб хасаб нигIмат буго гьесие гьеб. Кинаб бугониги ишалъ вохизавуни, Аллагьасе ﷻ шукру гьабула, гьебги нигIматлъун лъугьуна. Балагь бачIани, гьелде сабру гьабула ва гьебги нигIматлъун буго. Аллагьасе ﷻ гIадамал рокьулеб мехалъ, гьезул хIалбихьизе тIаде балагьал риччала. Гьез Аллагьасул ﷻ хIукмуялда разилъи загьир гьабуни, гьезиеги Аллагьасул ﷻ разилъи щола. Ццин бахъин, сабру гьечIолъи бихьизабуразда, Аллагь ﷻ рази гьечIолъи ва ццин бахъинги бихьула».

Умму-Саламаца бицун буго: «Дида рагIун букIана аварагас ﷺ абулеб: «Кинав вугониги лагъасде Аллагьас ﷻ балагь биччайдал лагъас абуни: «Инна лиллагьи ва инни илайгьи рраджигIун» (нилъер рукIа-рахъин Аллагьасе ﷻ буго, ахир руссенги Гьесде буго), я Аллагь ﷻ, гьаб тIаде бачIаб Дуца ﷻ дие мунагьал чуризелъун гьабе, гъоркь букIаралдаса лъикIаб тIадеги кье», - ян. Аллагьас ﷻ гьесие лъикIаб жазаъ гьабила ва цебе букIаралдаса лъикIаб тIадеги кьела», - ян. 

Аварагас ﷺ абулаанин абун Абу-Гьурайратидасан Тирмизияс бицана: «Бусурбабазде, гьезул боцIи-малалде, наслуялде тIаде рачIунел хIалбихьиял къотIуларо, гьез Аллагьасда ﷻ мунагьаздаса рацIцIадаллъун дандчIвай гьабизегIан».

«Лагъасе лъикIлъи бокьидал Аллагьас ﷻ гьесие гьанибго гIакъуба гьабула, квешлъи бокьидал - Къиямасеб къоялде нахъбахъунги тола».

ХIакъикъаталдаги, Аллагьас ﷻ нилъее хъваралда разилъун чIей черхалъе лазат, рекIее парахалъи ва Гьесул хIукму-шаргIалда божилъигун ракIчIей буго.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...