Аслияб гьумералде

Рокьи кин цIикI-кIинабилеб?

Рокьи кин цIикI-кIинабилеб?

Аварагасде ﷺ  рокьи цIикIкIинабулеб сабабал гIемерал руго, нилъеца гьел тIуралел ругони. Гьединлъидал бусурбабиги, аварагасде ﷺ  бугеб рокьиялъулъ, батIи-батIияб макъамалда руго. Амма нилъ хIажаталлъун ккола аварагасде ﷺ  рокьи цIикIкIинабизе.

 

Гьелда жаниб нилъее кIудияб рахIматги буго. Щайгурелъул нилъ къиямасеб къоялъ рокьаралгун цадахъ рукIине ругелъул. Аварагасул ﷺ  хIадис буго: «Инсан вукIине вуго (къиямасеб къоялъ) жиндие рокьалгун цадахъ», - ян (имам Бухари).

Бищун кIудияб сабаблъун рикIкIуна аварагасде ﷺ  жинца рокьи цIикIкIинабулеб суннат тIубай, гьелда нахъвилълъин, гIамал гьаби. 

Гьединго рокьи цIикIкIинабула аварагасе ﷺ  бокьараб жо бокьани, гьесда рихараб - рихани.

Салават гIемер цIали. Салават цIалулеб мехалъ кIудияб адабалдасан ккола гьев ﷺ  аскIов вугев гIадин вукIин. Гьесул ﷺ  тIадегIанлъи, къадру-къимат бичIчIун, гьев ﷺ  тIолабго гIаламалъе рахIматлъун витIи, жив кинавниги аварагзабазул имамлъун вукIин, жив нуцIалъунги вугев такъваялде, ай Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялде, рачунев. Жив ﷺ  мунагьал гьарурал гIадамазе шафигIлъунги вугев. Гьесие ﷺ  буго бищун тIадегIанаб салават.

Аварагасул ﷺ  тIабигIаталда нахъвилълъине хIаракат бахъила. Масала, сахаватлъи, сабру, цогидазул ургъел гьаби, чIухIи гьечIолъи, мискинзаби ва гIалимзаби рокьи.

РухIияб рахъ цебетIезабизе хIаракат бахъи. Балагье кин аварагас ﷺ  таваккал тIамулеб букIарабали Аллагьасде ﷻ. РакIалда щвезабе аварагасда ﷺ  бихьараб къварилъи ва гьес ﷺ  гьабураб сабру.

Нилъ рукIине ккола гьевгун ﷺ  дандчIвазе урхъун. Бокьизе ккола Къуръан, щайин абуни, гьеб гьесухъе ﷺ  рещтIараб букIун. Гьеб бищун кIудияб мугIжизатлъунги ккола.

Аварагасул ﷺ  цIар рагIанщинахъе рохизеги ккола. РагIичIеб ххвел гьабун тезе бегьуларо. Гьедин гьаби аварагасде ﷺ  рокьи цIикIкIиналъе сабаблъун ккола.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Дуца гьезда абе, МухIаммад, нужее Аллагь ﷻ вокьулев ватани, дида нахърилълъайилан, цинги Аллагьасе ﷻ нужги рокьилин», - абун.

Гьелъие далиллъун ккола гьадинаб хIадис: «ГIумар-асхIабас аварагасда ﷺ  абула, цохIо дидасаго хутIун, кинабниги жоялдаса дие мун вокьулин абун. Аварагас ﷺ  абула дур иман камиллъуларин дудасагоги дун вокьизегIан. Дагьаб хадуб ГIумар-асхIабас абула, гьанже дие мун дидасаги цIакъ вокьулин абун. Аварагас ﷺ  абула ГIумарил иман гьанже камиллъанин абун». 

Авараг ﷺ  вокьичIони, нилъер иман камиллъиларо.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...