Аслияб гьумералде

Халкъалъе рухса

Халкъалъе рухса

Аллагьас , Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде боси.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Нуж ракьалда тIад сапаралъ рахъиндал, нужеца как къокъ гьабун банин абун, нужее мунагь гьечIо…», - ян. (Сура «Ан-Нисаъ», аят 101)

Гьединго бицуна, ЯгIла ибн Умайят-асхIабас ХатIабил ГIумарида гьикъанин: «Гьанже хIинкъи гьечIеб мехалъ, щай гIадамаз какал къокъ гьарулел ругел?» - илан. Жиндаса Аллагь разилъаяв ГIумарица жаваб гьабуна: «Гьеб буго нилъее Аллагьасул рахIматги сайгъатги, къабул гьабе гьеб рахIмат», - ян.

ШафигIияб мазгьабалда какал къокъ гьаризе ва какал цолъизаризе шартI буго сапар халатаб букIин. Манзил къокъаб батани, гьел рухсабаздаса пайда босизе рес гьечIо.

ГIалимзабаз баян гьабуна гIадатияв чиясе яги караваналъе гIага-шагарго кIиго къоялъул нухлъун рикIкIунеб букIин халатаб сапар. Цебе заманалда гьеб манзил борцунеб букIун буго баридаздалъун, фарсахаздалъун ва милаздалъун. Имам ШафигIияс абуна: «КIиго къоялъул сапаралдаса дагьаб манзилалда как къокъ гьабураблъи нижехъе щун гьечIо», - ян.

Хадуб гьеб манзил гIалимзабаз гьанжесел километразде сверизабуна. Гьединлъидал жакъа, ШафигIил мазгьабалда, сапаралъул бищун дагьаб манзил гIага-шагарго 81километр буго.

Имам Нававияс хъван буго: «Как къокъ гьабизе бегьула кIиго мархIалалъул манзилалде щвезегIан, гьеб ккола 48 гьашимияб миль. Гьелдаса дагьаб манзил батани, как къокъ гьабизе бегьуларо», - ян. Гьединабго пикру загьир гьабуна исламияб умматалъул гIемерал цIар рагIарал гIалимзабаз. Гьезда гьоркьор рукIана ибну ГIумар, ибну ГIаббас, имам Малик, имам АхIмад, Лайс ибн СагIд ва цогидалги.

Цо-цояз цо-цо мехалъ хIадис бачуна, Аллагьасул Расулас ﷺ лъабго верст яги лъабго фарсах хьвадун хадуб как къокъ гьабунин абураб. Амма гIемерисел гIалимзабаз гьеб хIадисалъул магIна гьадин гьабун буго: «Аварагас ﷺ цебеккунго халатаб сапар байбихьун букIана, гьелъул магIна кколаро къокъаб манзил жибго жиндаго чIун тIубараб сапарлъун рикIкIунеб букIин», - ян. Имам Нававияс абуна, гьеб хIадисалъ нугIлъи гьабулеб гьечIин манзил къокълъараб мехалъ как къокъ гьабизе бегьулеблъиялъе.

Имам ХатIибияс абуна: «ГьедигIан къокъаб манзилалда как къокъ гьабизе изну кьолев цониги машгьурав фикъигь дида лъаларо», - ян.

Гьединлъидал шафигIияб мазгьабалда бусурбанчиясе изну кьола какал къокъ гьаризе ва цолъизаризе гIицIго нухлул манзил гIага-шагарго 81 километр яги цIикIкIун бугеб мехалъ.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...