Аслияб гьумералде

ЦIикIкIун кье, Аллагь ﷻ!

ЦIикIкIун кье, Аллагь ﷻ!

 

Аллагьас рамазан моцIалъ кIалкквей тIад гьабуна аварагас гьижра гьабун хадуб кIиабилеб соналъул шагIбан моцIалъ. КIал кквеялдеги БетIергьанас бусурбаби, ислам тIибитIулеб заманалда, дагь-дагьккун рачана. Щайгурелъул, кIалкквей буго инсанасул напсалъе цIакъ захIматаб, жиндирго шагьваталдаса нахъчIвалеб ва ругьунаб ишалдаса тIезавулеб жо.

 

КIал кквеялъ чиясулъ куцала сабру, къвакIи, кьураб къотIи тIубай. Инсанасулъ цIикIкIинабула гурхIел. Дагьаб заманалъгIаги ракъиги къечги лъарасда ракIалде щола мискин-пакъир, даимго хIажалъиялда ругел гIадамал. Гьезул хIал бичIчIидал, гьезие бажарараб кумек гьабизе хIаракатги бахъула.

Камилаб кIалкквей букIунаро гIицIго ракъи ва къеч хIехьеялдалъун. КъваригIуна жанисанги тIасанги хьул лъолеб жоялдаса цIуни. КIалкквей буго напс квегъи, чороклъиялдаса ракI бацIцIад гьаби, нилъер рижиналдасаго аслияб мурад – Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялде, Гьесие ﷻ гIибадат гьабиялде рачин. БетIергьанас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьедин гIибадат гьабуни нуж Аллагьасукьа хIинкъи бугеллъун лъугьина», - ян (суратул «Бакъара», 21 аят).

Аллагьас ﷻ тIаде босун буго кIал ккуразе цIикIкIинабун кири хъвазеги. Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда буго: «Адамил лъимералъул цо лъикIаб гIамал анцIгоялде ва жеги анкьнусгоялде щвезегIан бахинабун хъвала», - ян. КIалкквеялъул хIакъалъулъ Аллагьас ﷻ абун буго: «КIалкквей Дие буго. Гьелъие жазаъги Дицаго гьабила», - ян.

Рамазан буго сабруялъул моцI, сабруялъухъ щолеб кириги алжан буго. Гьаб буго цоцазе хIалай рахъиналъул, хIажатазул мурадал тIураялъул моцI. Гьаб моцIалда жаниб кIал биччазе нигIмат кьурасеги щола кIал ккурасего гIадаб кири. Гьаб буго жиндир авал рахIматлъун, бакьулъ бакI - мунагьал чурилъун, ахир - жужахIалдаса тархъилъун бугеб моцI. Гьалъулъ алжаналъул каваби рагьула, жужахIалъулал къала. ДугIа-алхIамалъе жаваб щола, ракIал цолъула, вацлъи щулалъула, рахIматал рещтIуна.

Я Аллагь ﷻ! Дуца нижее насиб гьабе гьаб моцIалъулъ гIибадаталда заман тIобитIи, кIиябго рукъалъул талихI батулелда гIамал гьаби! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...