Аслияб гьумералде

Аллагьгун ﷻ кIалъай

Аллагьгун ﷻ кIалъай

Аллагьгун ﷻ кIалъай

Как буго диналъул хIуби, рекIел нур, инсан тIадегIан гьавулеб гIамал. Хирияб Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Какалъ цIунула кинабниги нахъегIанабги вахIшиябги жоялдаса», - абун (суратул «ГIанкабут» 45 аят).

 

Загьирияб рахъалдасан рацIцIалъи гуребги, какалъ жеги гIемераб жанисеб рахъалъулъги бакI ккола.

ГIамал-гIибадаталъулъ гъваридал магIнаби ричIчIарал вализабазгун шайихзабаз гIемерал рухIиял хасслъаби загьир гьаруна как бай, рукугI-сужда гьаби, зикру-тасбихI бачиналдаса бугеб.

ГIабдулкъадир Жиланияс абуна: «Как базе вахъунеб мехалъ, пикру гьабе мун Аллагьасда ﷻ цеве чӀун вугеблъи, дунялалъул каваби дуе къан рукIин. Аллагь ﷻ дуда вихьаравани, дур пикру цогияб жоялде буссине букIинчIо», - абун.

Ибну ГIатIаиллагь Искандарияс хъван буго: «Какилъ жив лъида цеве вахъун чIун вугевали бичIчIулев хехдаризе гьечIо жиндирго ворха-къулиязулъ. Щайин абуни, какилъ гIедегIи буго рекIелъ хIузур гьечIолъиялъул гIаламат», - абун.

Жунайдул Багъдадияс абуна: «Как буго рукъалъул кӀалтӀасан чвахулеб гӀоралда релълъараб жо. Чи, къойида жаниб щуго нухалъ гьенив ччун-вахъунев вугони, кинаб чороклъи гьесда хутӀилеб?» - ин.

Шайих Багьавудин Накъшубандияс насихIат гьабуна: «Как бай гьеб ахирисеб бугеб гӀадин. Гьеб мехалъ бичIчIила дуда ракӀбацӀцӀалъи ва ихлас», - абун.

Ибн ГIарабияс абуна: «Как буго муъминчиясул мигIраж. Какилъ гьеб дуда халлъулеб гьечIони, мун гьелъул гъварилъуде лъугьинчIевлъун вуго». МигIраж бугелъул Авараг ﷺ зодовеги вахун, Аллагьгун ﷻ дандги чIван, как умматалда парз гьабураб бакI.

Как ккола рухIалъе дару. Имам Гъазалияс хъван буго: «Кинаб баракат, рекIее парахалъи как балеб мехалъ рещтӀунебали гӀадамазда лъалеб букӀарабани, гьез гьеб киданиги телароан, бусада регун ккун ругониги», - ян.

Шайих АхIмад РифагIияс абуна: «Как базе рахъине шайтIаналъ кIвахI рехулеб мех букIин лъай, как баялдалъун дуде бачIунеб нур щвеялдаса хIинкъун шайтIаналъ гьабулеб», - ин.

Как гуро цохIо къула-рорхун щуго минуталда жаниб гьабулеб гIамал. Гьеб буго Аллагьасулгун ﷻ унго-унголъунги гьабулеб калам.

Абул ХIасан Шазалияс абуна: «Как бай Аллагь ﷻ вихьулев вугев кинниги, дуда Гьев вихьичIониги Гьесда мун вихьулелъул», - ян.

БетIергьанас ﷻ кьеги щивасе тIадехун рехсараб кинниги какилъ хIузур цIунулеб рекIел бацIцIалъи! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...