Аслияб гьумералде

Гьереси бицин

Гьереси бицин

ШаригIаталъ бусурбанчиясе гьереси бицине гьукъула. Гьереси бицунев чи муъминчилъунги кколаро. ШаргIалъ бихьизабураб чанго бакIалда хутIун, бусурбанчияс гьереси бицине бегьуларо.

 

Гьереси бицин ккола мунапикълъиялъул гIаламат. Гьелъ инсан вачуна квешлъиялде. ГIадамаз халцин гьабулареб, гIиси-бикъинаб жо бицунцин гьереси бицине бегьуларо.

Калам берцинлъиялъе гIологи махсара-хочI гьабулагоги гIенеккаразе кеп букIинелъун гьереси бицине бегьуларо.

ГIабдуллагь ибн МасгIудидасан бицана: «Махсара хIисабалда ва унго-унголъун гьереси бицине бегьуларо. Лъимадуе рагIи кьун хадуб гьеб хвезабунги данде кколаро», - ян. (Бухари)

Гьединго ГIабдуллагь ибн МасгIудидасан бицана: «Гьерсица мунагьалде рачуна ва мунагьалъ жужахIалъул цIаялде рачуна. ГIемер гьереси бицунев чиясул цIар Аллагьасда ﷻ аскIоб гьерсихъан абун хъвала», - ян. (Бухари, Муслим)

Муъминчи гьереси бицуневлъун вукIине рес гьечIо. Гьерсица инсан диналдаса рикIкIад гьавула ва дунял-ахираталда талихIкъиналде вачуна.

Сафван ибн Сулайманидасан бицана, аварагасда ﷺ цIеханилан: «Бусурбанчи хIинкъаравлъун вукIунищ?» - абун. ВукIунин жаваб гьабуна аварагас ﷺ. Хадубги гьесда ﷺ цIехана: «Бусурбанчи къарумавлъун вукIунищ?» - абун. ВукIунин жаваб гьабуна аварагас ﷺ. Хадубги аварагасда ﷺ цIехана: «Гьерсихъанлъун вукIунищ бусурбанчи?» - ян. Киданиги вукIунарин жаваб гьабуна Хирияс ﷺ». (Байгьакъи)

ГIабдуллагь ибн Динарица бицана: «Цо къоялъ ГIумар ибн ХатIабгун Маккаялде унаго, нухда гIиявехь дандчIвана. Гьесул хIалбихьизе бокьун ГIумар-асхIабас абуна: «Цо кьегIер биче нижее», - ян. ГIиявехьас абуна: «Хважаинасда щиб дица абилеб?» - илан. ГIумар-асхIабас абуна: «Хъурмица анин абеха», - ян. ГIиявехьас гьикъана: «ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ щибха дица абилеб?» - илан. Гьеб жаваб рагIидал ГIумар-асхIаб гIодана. Гьелдаса хадуб ГIумар-асхIабас гьев гIиявехь хважаинасухъа вичунги восун, лагълъиялдаса тархъана».

 

Жабир Мажидов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...