Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ наслу

Аварагасул ﷺ наслу

Аварагасул ﷺ наслу

Аварагасул сира, ай хьвада-чIвади лъазабиялъ Аварагасдехун нилъер рокьи цIикIкIинабула. Гьединго нилъеда лъазе ккола Аварагасул тухум, наслу, гIагарлъи, лъимал ва гь. ц. Наслуялъул абуни, ГIаднаниде щвезегIан бусурбабазул гIалимзаби цо пикруялда руго.

 

ГIаднанидаса хадуб ИсмагIил ибн Ибрагьим аварагасде щвезегIан ва ИсмагIилидаса байбихьун Адам аварагасде щвезегIан гIалимзабаз абуна мугъчIвай гьабизе жо гьечIин. Гьелъие гIилла буго ГIаднанидаги ИсмагIил аварагасдаги гьоркьоб гIалимзабазул хилаф букIин. Гьединго ИсмагIил аварагасдаса байбихьун Адам аварагасде щвезегIан гIемерисел цIаразулъ гIалимзаби тIадрекъана, цо-цо цIаразулъ дагьабго дандеккунгутIи бугониги.

Ибну ГIаббас-асхIабасдасан бицана ГIаднанидаги ИсмагIилидаги гьоркьоб 30 лъаларев инсул цIар бугилан.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бицана аварагзабазул халкъазул: НухIил, ГIадил, Самудил ва цогидалги жидер аварагзабазда инкар гьабуразул. Гьел киназулго хIакъалъулъги цохIо Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо.

«Гьел Аллагьасда гурони лъаларо», - ян абураб аяталъе ГIабдуллагь ибн МасгIудица тафсир гьабун абуна: «Цере арал къавмазул умумул, мухIканго гьадинан ругин абун рехсолел чагIаз гьереси бицунеб буго», - ян. Гьединлъидал ГIурва ибн Зубайрица абуна: «МагIад ибн ГIаднанидаса хадур ругел умумул лъалев чи нижеда ватичIо», - ян.

Аллагьасул Расулас ﷺ, жиндирго умумул рехсолеб мехалъ, ГIаднанида лъугIизабун абулаан: «Гьез (ай, рехсолев щинав чияс) наслуялъул хIакъалъулъ гьереси бицана», - ян.

Цо нухалъ имам Маликида гьикъула Адамиде щвезегIан Аварагасул наслуялъул ﷺ сияхI гьабулев чиясул хIакъалъулъ. Имам Маликие гьеб бокьичIо. Цинги гьез гьесда гьикъана ИсмагIилиде щвезегIан рехсолев чиясул хIакъалъулъ? Гьесие гьебги бокьичIо. Гьединго имам Маликидасан бачIана киналго аварагзабазде щвезегIан гIаммаб къагIидаялъ наслуялъул сияхI гьаби гьесие бокьулеб букIинчIин абунги.

Гьединлъидал, нилъеца Аварагасул ﷺ наслуялъул хIакъалъулъ ГIаднанидаса рикIкIад рехсечIого тезе беццараб буго. ДандеккунгутIи ва цIарал хиси бугелъул, гьеб дагIбаялъул ва цIех-рехалъул пайда дагьаб буго.

ГIаднаниде щвезегIан бугеб наслу гIалимзаби тIадрекъараб ккола. Гьеб наслу нилъеда рекIехъе лъазе ккола, гьединго, лъималаздаги малъизе тIадаб буго. ГьитIинго малъараб ганчIида бикIараб накъищ гIадинаб жо бугелъул.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...