Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гьижра

Аварагасул ﷺ гьижра

Аварагасул ﷺ гьижра

Аварагасул ﷺ гьижра ккола Маккаялдаса Мадинаялде гьабураб сапар. Гьижра гьабуна вахIю рещтIаралдаса 13 сон индал. Гьижра гьабиялъе аслияб гIиллалъун ккана къурайшиязул бусурбабазде бугеб тIадецуй ва ислам тIибитIизабизе бокьи.

 

ГIарабал цолъизари. Цебе батIи-батIиял къавмазде рикьун рукIарал гIарабал цолъана исламалъул байрахъалда гъоркь. Гьезул рагIи цолъана, ракIал рокьиялъ ва вацлъиялъ цIуна, жагьиллъиялъул бецIлъиялдаса гьел рахъана гIелмуялъул ва нух бихьизабиялъул канлъуде. ГIакълуялъул ва ритIухълъиялъул цIураб Аварагасул ﷺ илагьияб нух бихьизабиялъул нуралъ гвангъизабуна гьезул нух.

Къубаялъул мажгит бай. Исламалда тIоцебесеб мажгит ккола Къуба. Гьеб лъугьана бусурбабазул гIумруялъулъ кIвар бугеб бакIлъун. Гьениб гьез какал ралаан, аскар бакIарулаан, делегацияби къабул гьарулаан, диваналъул ишазул хIукму къотIулаан. Гьенир тIоритIулаан диниял ва дунялиял суалазул рахъалъ мажлисал.

Бусурбабазда батана хIинкъи гьечIеб бакI, мушрикиназул зулмуялдаса эркенаб. Ислам тIибитIизе байбихьана, гIуцIана лъидаго бачIеб бусурбабазул жамгIият, жинда жанир чIезаруна исламалъул гIурхъаби, динияб лъай ва яхI-намус.

Социалияб цолъи щула гьаби. ЖамгIияб цолъи загьирлъана мугьажиразда ва ансаразда гьоркьоб бугеб вацлъиялда. Ансараз гIахьал гьабуна жидерго буголъи, рукъзал, Аллагьасе ﷻ гIоло хIажатабщинаб. Къуръаналда гьеб рокьул ва къурбанлъиялъул хIакъалъулъ рехсон абуна (магIна): «Жидеца ватIанлъун ккурал ва мугьажирал рачIиналде цебего жидеца иманги лъун букIарал, жидехъе гьижра гьабун рачIарал муъминзабиги жидее рокьулел. Гьел мугьажиразе пай-гъаниматалдаса Аварагас ﷺ бутIа кьураб мехалъги жидер гьелда хьул лъоларел ва Аварагасул ﷺ хIукму къабул гьабулел. Жалго цIакъ ракъун-къечон ругониги, жидеца диналъул вац тIаса вищун, гьесие хIажатаб жоги кьолел». (Сура Ал-ХIашр, аят 9)

Исламияб политикияб низам чIезаби. Аварагас ﷺ исламияб пачалихъалъе кьучI лъуна Мадинаялъул халкъ цолъизабун, гьезул ихтиярал ва тIадал ишал чIезарурал документал гIуцIун.

Исламияб экономикияб система гIуцIи. РитIухълъиялъул ва ращалъиялъул аслабазда рекъон гIуцIана базар. Бану КъайнукъагI къавмалъул базаралдаса гIадамал руссана ва бусурбабазул базаралде гочана, гьениб божилъиги ритIухълъиги букIиналъ.

Исламияб аскар гIуцIи. Аварагас ﷺ байбихьана Аллагьасул ﷻ дин цIунизе къачIараб, рагъизе хIадураб исламияб аскар гIуцIизе. Хадуб Аллагь разилъаяв халиф ГIумар-асхIабасул заманалда гьеб аскаралъ гъурана доб заманалъул бищунго къуваталлъун рикIкIунел рукIарал Византия ва Персия гIадал улкабазул аскарал. 

Исламалъул дагIваталъул хIалтIи тIибитIизаби.Ислам босулезул къадар цIикIкIана ва гьелъ дин щулалъана. Гьижра лъугьана гьересиялда тIад хIакъаб бергьенлъиялъе ва Аллагьасул ﷻ калам тIадегIанлъиялъе бищунго кIудиял гIиллабазул цояблъун.

 

Жабир Мажидов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...