Аслияб гьумералде

ЛъикIал гIамалал

ЛъикIал гIамалал

ХIадисалда буго: «Аллагь ﷻ лъикIав вуго, Гьесие лъикIлъи бокьула. Гьес ﷻ лъикIлъиялдалъун щвезе рес кьола кьвари ва цогидалдалъун щвезе кIолареб жо», - абун (Бухари). Дунял бихьиялъе Аварагасул ﷺ гьал рагIаби кьучIлъун руго бусурбанчиясе. ЛъикIлъиги, гIицIго беццараб гIамаллъун букIин гуребги, гьеб буго гьоркьоблъи гьабиялъе нух.

 

ЛъикIлъиялдалъун хIасуллъула Халикъасул ﷻ разилъи, вац-яцазда гьоркьоса инабула тIадецуй ва хъачIлъи. БатIи-батIиял гIелмабазул гIалимзабаз баян гьабураб кинниги, гьеб буго бищунго тIадегIанал яхI-намусазул ва тIабигIатазул къимат. Цо гIакъилас абун буго: «ГIаммаб къагIидаялъ яхI-намус ккола нилъеца нилъерго ишазе къимат кьолеб къагIида, гьелги лъикIаздеги квешаздеги рикьун», - ян. Динияб рахъалъ лъикIаб гIамал ва гурхIел-рахIмуялъул ишал гьари садакъалъун ккола. Аварагас ﷺ абуна нухдаса гамачI нахъе рехицин лъикIаб гIамал бугин. ЛъикIал ишал гьариялдалъун инсанас цогиясе кумек гьаби гуребги, гьездалъун чи живгоги лъикIлъула, жиндир къасдалги мурадалги нахъегIанал ишаздаса рацIцIалъула, дагь-дагьккун берцинал тIабигIатаз живги кверде восула.

Диналъ муъминзаби ахIула ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ кинабго махлукъаталъе лъикIлъи гьабизе: жиндиего, эбел-инсуе, хъизамалъе, лъималазе, хIайваназе, хIатта рухI гьечIеб жоялдехунцин. ГIайшатидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «ЛъикIлъиялъ кидаго берцин гьабула щиб букIаниги жиб жинде щвараб жо. ЛъикIлъиялдаса цо жо махIрум гьабураб мехалъ, гьелъ чара гьечIого намус хвезабиялде рачуна», - абун (Муслим). Живго Аварагги ﷺ вукIана гIадамазда гьоркьов бищунго лъикIавлъун. Гьес нилъее нахъе тана жамгIияталда кин хьвадизе кколебали бихьизабураб мисал.

Жакъа психологиялъул гIелмуялъ бихьизабулеб буго, лъикIавлъун вугевгIан мехалда инсан психикияб рахъалъги сахавлъун вукIунин абун. ЛъикIлъи гьабулев чиясухъа бажарула гIорхъолъа араб ццим бахъиналде дандечIун. Гьелдаго цадахъ кIола, тохлъукьего гьаризе ккарал масъалаби, тIуразарунги. 

ЛъикIлъи гьабулев чиясул нервабазул гIуцIи букIуна эркенго. ЛъикIлъи букIуна чиясул чорхол хIал щулаго чIеялъе кIуллъун. Сахлъи буго нилъее Халикъас ﷻ кьураб къимат тIадегIанаб сайгъат, гьелъул ургъел гьабиги нилъеда тIадаб жо ккола. РухIалъе бищун лъикIаб даруги буго лъикIлъи, лъикIал гIамалал ва лъикIал пикраби. Чияс хIаракат бахъизе ккола, кигIан квешал гIадамал сверухъ ругониги, живго лъикIавлъун вукIине. Квешлъиялъ рухIиял хаслъабигун чорхол сахлъи хвезабула, лъикIлъийин абуни буго бокьараб унтиялъе бищунго лъикIаб тимар гьабилъун.

ЛъикIав чи киданиги талихIкъаравлъун вукIунаро, щайгурелъул, Аллагьасда ﷻ цере чIараб къоялъ щивас жинцаго гьабуралъул жаваб кьезе бугелъул.

ЛъикIлъиялъ чи берцин гьавула гIадамаздаги БетIергьанасдаги ﷻ цеве. ЛъикIаллъун ратаги киналго! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


Нилъехъ балагьун кьола къимат

Нилъер диналда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел жалазул бищун кIвар бугездасанги.   Гьеб ритIухълъиялъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, цинги шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал, Аллагьасдехун бугеб...


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...