Аслияб гьумералде

Мунагьал чуризе бокьани…

Мунагьал чуризе бокьани…

Муъминчиясул гIумруялда жаниб бищун лъикIаб ва кири цIикIкIун щолеб сапар ккола хIежалде ин. ХIеж ккола цересел аварагзабазги жиб гьабураб, нилъер умматалдаги гIумруялда жаниб цо нухалъ гьабизе тIадкъараб исламалъул щуабилеб рукну. Щибаб санайил бусурбаби Аллагьасде ﷻ ва аварагасде ﷺ бугеб рокьи загьир гьабун Макка-Мадинаялда данделъула хIеж борхизелъун.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Жиндир ресги букIаго хIеж гьабичIев чи, бокьани жугьутIавлъун, бокьани насраниявлъун хва», - ян.

ХIеж борхарав чиясе щолел кирабазул рицарал хIадисал цIакъго гIемерал руго. Факъигьица жиндирго иснадгун ГIабдуллагь ибн ГIаббасидасан бицана: «Ниж рукIана авараггун цадахъ Минаялда. Гьеб гIужалъ нижеда аскIоре рачIана Йеменалдаса гIадамазул къокъа. Гьез абуна: «Нижер эбел-эмен дуе къурбанлъаги авараг ﷺ, хIеж борхун щолеб кириялъул бице нижее?» - ян. Аварагас ﷺ абуна: «ХIеж ялъуни гIумра гьабизелъун ниятгун къватIиве вахъарав чиясул щибаб гали рикIкIун, гъотIодаса тIамах гъунеб гIадин, мунагьал чурула. Мадинаялдеги вачIун гьев чияс дир кверал рачани, малаикзабаз гьесда дандчIвай гьабун кверал рачина. Микъаталде (хIеж бухьунеб бакI) щведал черх гьес чуридал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ мунагьаздаса гьев вацIцIад гьавила. КIиго цIияб ретIел (ихIрам) гьес ретIидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие лъикIлъаби цIигьарила. «Лаббайка Ллагьумма лаббайка», - йин гьес абидал, Аллагьас ﷻ жаваб гьабун абила: «Лаббайка ва сагIадайка», ай «Дида рагIула дур рагIаби, Дун ﷻ духъ валагьун вуго», - ян. Маккаялде ун, КагIба сверун тIаваф гьабидал ва Сафа Марваялда сагIю гьабун гьев векеридал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нигIматал гьесие ритIила. ГIарафа магIардаги чIун, гьаракь биччан, жиндирго хIажатал Аллагьасде ﷻ гьаридал, анкьабго зобалазда ругел малаикзабазда Аллагьас абила: «Дир малаикзаби, зобалазда гIумру гьабула ругел! Нужеда Дир лагъзал рихьулайищ гьечIел!? РикIкIадаса Дихъе рачIана гьел, гьезул расалги хIурул цIуна. Жидерго боцIи-мал харж гьабуна, чурхдул сваказаруна. Дир ТIадегIанлъиялдалъун гьедулев вуго, гьезул квешазеги лъикIазеги Дица ﷻ сайгъат кьезе буго. Эбелалъ гьавураб къоялъ гIадин мунагьаздасаги рацIцIад гьаризе руго. ЧIинхал гьез речIчIидал, бутIрул кIкIвайдал, КагIбаялде зиярат гьабидал, ГIаршалда аскIоб цо гьаракьалъ ахIила: «Мунагьал чурараллъун нуж тIадрусса, нужер гIамалал цIидасан байбихье», - ян.

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...