Аслияб гьумералде

ГIайиб чIвазе хехдарула

ГIайиб чIвазе хехдарула

Нилъеца гIайиб чIвала рекIелъ хIунчиледухъ, хъачIго. ХIатта мекъаб жо бихьаниги, берцинго бицун, диналъул вац витIизавизе ккола, гьелде исламалъ нилъги ахIула.

Нилъеда бихьизе бегьула мажгитахъ лъимал расандулел, релъанхъулел. Лъиего балъгояб жо гуро гьел гIодоре риччан рукIунареблъи.

РачIаха хIисаб гьабилин кинаб батIалъи бугебали. Цояс бицана гIемер рихьанин Турциялъул мажгитахъ лъимал расандулел ва гьезда лъицаниги гIайибги чIваларин абун. Россиялда нилъеда бихьула тIубанго гIаксалда. Лъимадул сас рагIани, хех гьабун нилъераз гIайиб чIвала.

ХIакъикъаталдаги гьеб ккола аварагасул ﷺ мисалалда нахърилъин. Аварагасги ﷺ ХIасан ва ХIусен мажгиталде рачунел рукIана ва расандулеб мехалъ гьезде гIайиб гьабулароан. Гьел аварагасул ﷺ мугъалде рахунаан ва аварагас ﷺ гIодове виччан какги балаан.

ГIусманиязул халифаталдаги гьеб аварагасул ﷺ мисал ккун букIана, лъимал мажгиталде рачунаан. Гьелъул мурад букIинчIо лъималаз гьениб как бай, гьелъул мурад букIана гьениб бугеб рухIияб рахъ гьезие щвей, жибги исламалъул хIубилъун бугеб.

Цо султIанас абуна: «Какда рукIаго нужеда нахъасан лъималазул гьаркьал рагIичIони, нуж хIинкъа нужер цебе букIине бугелда», - ян.

Жакъаги доба гьеб гIадат цIунун буго. Гьез абула, битIараб бугин, мажгиталда адаб цIунизе кколин, кинниги лъимал те бигьагьабун гьелде рачIине. Ахир-къадги гьелде гьел рачIинчIого чIоларо. Цо муфтияс абуна: «Лъимал мажгитгун дандчIвараб мехалъ, гIун бачIунеб гIелалда хIинкъизе кколаро», - ян.

Нилъер кинаб хIал бугебали балагьеха. Хехдарула, лъимаде рагъизе лъугьуна.

Лъимер тIокIаб мажгиталде бачIинчIони дов чи сабаблъун, лъица ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе бугеб? Квешаб жо гьабизе инарищ гьев? ГIемерисеб мехалъ гьедин ккезеги ккола.

Нилъее рекъараб буго, цIакъго гьез квалквал гьабулеб бугони, бичIчIизабун, берцинго малъизе.

Лъимал мажгиталдаса гьукъизе бегьуларо, квешаб пикру бижизабизеги бегьуларо. Мажгиталда сверухъ гьезул лъикIаб пикру букIине ккола.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги аварагасул ﷺ мисал кквезе, бицаралдаса пайда босизе ва лъималги битIараб куцалда куцазе. Амин!

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...