Аслияб гьумералде

Гьукъарал цо-цо пишаби

Гьукъарал цо-цо пишаби

Дармилъ хиянат

Дармилъ хиянат гьаби ккола бичулеб къайиялъул гIайиб бахчи, яги къайиялъул багьа бахчи, ялъуни чияе борцунелъул, цIалелъул гьеб камизаби, жиндиего борцунелъул, цIалелъул цIикIкIанаби.

Дармилъ хиянат гIемерлъидал халкъалдаса баракат бахъула, халкъалъул гIадлу хола, тIаде залимал ханзаби, хIакимзаби тIамула Аллагьас. ТIадегIанав Аллагьас цересел умматал тIубанго гьалаг гьаруна борцунеб, цIалеб жоялъулъ рекIкI гIемер букIиналъ. КьучIаб хIадисалда буго, рекIкI гьабулев нижер чи гурилан абун.

Хирияб Къуръаналдаги буго гьадинаб магIнаялъул калам: «КIудияб балагьги жужахIалъул кIкIалги буго жидеца дармилъ ками ккезабулел гIадамазе, жидеца гIадамаздаса борцун жо босулаго, тIубанго камилго тIалаб гьабулел, амма цогидазе цIалеб, борцунеб мехалъ, жидеца камизабулел. Гьезда ракIалда кколарищ жал хун хадуб Къиямасеб къоялъ рахъинаризе рукIин», - абун.

Релълъенлъи гьаби

РагIулъ, гIамал-хасияталъулъ, ратIлил формаялъулъ букIа, цоцазда релълъенлъи гьабулел бихьиназеги руччабазеги Аллагьас нагIана кьуна. Гьединго нагIана кьола кино-концертазда бихьиназул ролал хIалел руччабазеги, руччабазул ролал хIалел бихьиназеги. Бихьиназда релълъенлъи гьабулел руччабаздасан ккола гугари, бокс, штанга борхи, каратэ хIалел руччаби.

Васият

ХIадисалда буго: «Цо чияс яги чIужугIаданалъ лъабкъого соналъ Аллагьасе гIибадат-тIагIат гьабула, цинги холеб къоялъ васияталъулъ зарал гьабула, гьеб зарал гьаби сабаблъун гьел жужахIалдеги уна», - ян.

Васияталъулъ зарал гьаби ккола цо-цо гIагарал, лъимал, чIужу, рос ирсалдаса махIрум гьаризе гIоло шаргIалъ бихьизабуралдаса тIокIаб боцIи васияталъе бихьизабиялда яги васият шаргIалда данде кколареб куцалъ хIалтIизабиялда.

Хъачагълъи гьаби

Хъачагълъи гьаби бищун чIахIиял мунагьаздаса ккола. Исламалда рекъон, хъачагъас боцIимал цоясухъа бахъани, цин цояб квер къотIула, кIиабизеги бахъани, кIиабилебги квер къотIула, лъабабизе бахъани, кIиябго бох къотIула. Амма гьес боцIи бахъани, тIаде жеги чиги чIвани, гьев чIвала ва хIобода вала. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда хъачагълъи гьабулел Аллагьгун ва Гьесул Расулгун рагъизе лъугьарал гIадамаллъун рикIкIун буго. Гьел ккола талихIкъарал гIадамалги.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...