Аслияб гьумералде

Инсан тIадегIан гьавулеб гIамал

Инсан тIадегIан гьавулеб гIамал

ЧIухIи гьечIолъи ккола инсан берцин гьавулеб ва гIадамазул ракIал рагьулеб тIабигIат. ЧIухIи гьечIев чияс жиндирго рагIабазул ва гьарулел ишазул хIисаб-суал гьабула. ЧIухIи гьечIолъи ккола инсанасул тIабигIат битIараб букIиналъул гIаламат ва гьелъул хIасилги ккола гIадамаздехун ва ТIадегIанав Аллагьасдехун гIамал берцин гьаби.

Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас диде вахIю гьабуна цояс цогидазда тIад чIухIи бихьизабугеян ва цоцазе зулму гьабичIого нуж гIодоре риччан рукIаян», - абун (Муслим, Абу Давуд, Ибн Мажагь).

Хирияв аварагасул ﷺ гIумруялъул халгьабидал нилъеда халлъула гIадатияв инсан гьев вукIаравлъи. Я кванилъ, я ратIлилъ, я мина-рукъалъулъ гIадатиял гIадамаздаса ватIа вахъулароан. Кваналеб мехалдаги гIодове виччан ва гIодов чIун кваналаан. Аварагас ﷺ абулаан: «Дун вуго Аллагьасул лагъ, лагъ гIадин гIодов чIола ва лагъ гIадин кванала», - ян.

«Хан-авараглъунищ ялъуни лагъ-авараглъунищ дуе вукIине бокьилеб?» - илан цIехедал, аварагас ﷺ абуна, лагъ-авараглъун вукIине бокьилин абун.

Мажгитал ралелъубги, Мадина шагьаралда сверухъ хандакъал рухъулелъубги, кигIан захIмалъиялда ругониги, хирияв аварагги ﷺ цадахъ хIалтIулев вукIунаан. Кумек гьабизе нахъа чи гьечIезул, къоролзабазул гьариялъе кидаго жаваб гьабулаан. Киве гьез ахIаниги ахIаралъуве унаан ва къваригIелги тIубалаан. Аварагас ﷺ хьитал рукъулаан, рокъоб гьабулеб хIалтIуе хъизаналъе кумек гьабулаан, хIамида рекIинеги чIухIулароан.

Мискин-пакъирал унтидал гьезухъе зияраталъги ун, гьезул унтараб бакIалда кверги лъун, Аллагьасда гьарулаан сахлъи кьеян. Мискин-пакъирасцин шагьаралъул цояб рагIалде гьоболлъухъ ахIидал, авараг ﷺ гьениве унаан. Гьесул ﷺ берцинаб гьумер бихьун пуланав чи сородун лъугьиндал, аварагас ﷺ абуна: «ГIодове виччай, дун я хан, я зулмучи гуро. Дун вуго бакъвараб гьан кваналей гIадатияй къурайшиялъул вас», - илан.

ГIадамазде аскIове вачIиндал гьел тIаде рахъинеги аварагасе ﷺ бокьулароан. Гьес ﷺ абулаан: «ЧIухIарав чи Аллагьас гIодовегIан ва чIухIи гьечIев тIадегIан гьавула», - ян.

ТIаде гIадамал рачIиндал, цогидазда тIадкъачIого, аварагас ﷺ жинцаго гьабулаан гьезие хъулухъ.

 

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...