Аслияб гьумералде

Хирияб гIамал

Хирияб гIамал

Хирияб гIамал

Салаваталъул хиралъи гIемер бицаниги лъугIел гьечIилан абизе бегьула. Щайин абуни, имам Сахавияс имам ШафигIил калам рехсана: «Щибаб хIалалда дие салават цIализе бокьула. Рузман сордоялъ ва рузман къоялъ гьеб цIализе цIакъго суннатаб буго», - ян.

 

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца салават диде гIемер цIале рузман къоялъги рузман сордоялъги. Гьеб гьабурав чиясе дун нугIлъун чIела ва Къиямасеб къоялъ шафагIат гьабула», - ян.

Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Рузман къоялъ нусго салават цIаларасул чурула 80 соналъул мунагьал», - ян.

Аварагас ﷺ абуна: «Къоязул бищун хирияблъун ккола рузманкъо. Гьеб къоялъ Адам авараг вижана, гьесул рухI босана, гьеб къоялъ гьури букIуна (дунял биххула сурги пун), гьеб къоялъ пириялъ щущазаруна цо къавм, нужеца диде гIемер салават цIале. Нужер салават дие бихьизабула (щола, лъала)», - ян.

Я, Аллагьасул Расул, абун гьикъула гьесда, мун хабалъ турун вукIаго кин салават щолебин абун. Аварагас ﷺ жаваб гьабула: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ракьуе хIарам гьабуна аварагзабазул черх туризабизе», - ян.

Ибну ХIажарица «Дуррул Манзуд» абураб тIехьалда хъван буго: «Рузман къоялъги сордоялъги салаваталда тIадчIеялъ кIудияб кири хъвала Къуръан цIалиялдаса, сура «Кагьф» хутIизегIан. Гьеб сура рузман къоялъ ва сордоялъ цIализе Аварагасул ﷺ амру букIиналъ (хIадисалъул)», - ян.

Жеги Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца диде салават гIемер битIе рузман къоялъги сордоялъги. Цо салават диде цIаларасе щола анцIго кири», - ян.

Имам КъустIуланияс «Мавагьибу Ладуния» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Хас гьабун рузман къоялъги сордоялъги салават гIемер цIализе бихьизабиялъул хIикмат щиб бугеб абун гьикъидал, жаваб колеб буго Авараг ﷺ халкъалъул сайид вугин ва гьединго рузман къоги къоязул сайид кколин. Салават гьеб къоялъ цIализе бихьизабиялъулъ Аварагасе ﷺ бугеб тIадегIанлъи буго цогидазе жиб кьечIеб. Гьеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Алжаналъул хъалаби ралел руго бусурбабазе, гьезул хIажат тIубала ва гьарараб жоги къабул гьабула. Гьеб къо ккола бусурбабазе гIидлъун. Гьеб кинабго жо нилъеда лъана ва щвана Авараг ﷺ сабаблъун. Балагьеха, кигIан нигIмат нилъее щолеб бугебали Авараг ﷺ гьоркьов ккун. Гьелъ нилъер рахъалдасан гьесие шукру ва реццги гьабун, гьесул дагьаб хIакъ тIубазелъун бихьизабуна салават гьеб къоялъ гIемер цIализе», - ян.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...