Аслияб гьумералде

Кьунищ – рагIи ккве

Кьунищ – рагIи ккве

Кьунищ – рагIи ккве

Аварагасул хIадисалда буго Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатаздасан кколин рагIиги кколарел, хиянатлъиги гьабулел чагIи гIемерлъи бугин абун. Гьаб хIадис цIалидал ракIалде ккола гьеб заман тIаде щвезе жеги гIемераб мех хутIун батиларин абун.

Бихьулеб буго рагIиги кколел, хиянатги гьабуларел, ритIухъал гIадамал цIакъ къанагIат гурони хутIун гьечIеблъи. ХIатта, лъазего лъачIого, нилъгоцин ратулел руго кьураб рагIиялъе хилиплъулеллъун. Нилъеца гьеб иш тIаса-масаго таниги, рагIи ккунгутIи ккола гьереси бицин ва гьеб рикIкIуна кIудияб мунагьлъун. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна):

«Нужеца Аллагьасеги гьесул Расуласеги гьарурал къотIаби тIуразаре, нужедаго гьоркьор гьарурал къотIабиги тIуразаре. Гьеб тIубачIезда кIал гьикъиги букIуна. Дунялалдаги ахираталдаги жавабги кьезе ккола», - ян. («Ал-Исраъ», аят 34).

Гьересиги бицунел, хиянатги гьабулел, кьураб рагIиги кколарел чагIи унго-унгоял мунапикъзаби ругин абун буго хирияв аварагасул хIадисалда. РагIи ккунгутIиялъул хIакъалъулъ рачIарал жеги гIемерал хIадисал руго. ХIакъикъияв муъминчиясе рагIи ккунгутIиялъе гIела мунапикълъиялда гьеб хурхинабулеб букIин. ЖужахIалъул тIинда, хIатта капураздасаги гьоркь, цIадулъ гIазабалда рукIине ругелги мунапикъзаби гьечIищха. Жакъа ритIухъавлъунги вукIине, кьураб рагIиги кквезе, аманаталъе кьурабги цIунизе цIакъ захIматаб иш буго.

Иблисги кьижун гьечIелъул, гьелъ хIаракат бахъула инсан кIалъалелъубцин калам берцинаблъун букIине ва гIенеккаразе лазат щвезе дагьал гьерсал тIаде журазаризе. Гьереси бициналдалъун ахираталда щолеб гIазабалъул пикру гьабуни, бичIчIула гьаб ракьалда ритIухъавлъунги рагIи кколевлъунги вукIине нусго нухалъ лъикIаб букIин метер Къиямасеб къоялъ жужахIалъул тIинда вукIинегIан.

Инсан ритIухълъиялде вачуна бихьинчилъиялъ, намус-яхIалъ, муруватлъиялъ. Гьел руго унго-унгоял бусурбабазулъ рукIунел лъикIал тIабигIатал. Балъгояб жо гуро, гьел лъикIал тIабигIатал хирияв аварагасулъ рессунги рукIана. Авараг вуго сундулъго нилъее мисал. Гьесда нахърилълъиналдалъун ТIадегIанав Аллагьасе нилъ рокьула ва мунагьаздаса рацIцIад гьарун Алжаналъуре лъугьинарула.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...