Аслияб гьумералде

Чинхъизе бокьула

Чинхъизе бокьула

Чинхъизе бокьула

Исламияб диналда инсанасул гIумрудул кинабниги рахъ жанибе бачун батула. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ амруялдаги хирияв Аварагасул суннаталдаги нахъвилълъун, бусурбанчиясда лъала бокьараб бакIалде ккани кин вукIинев кколевали. ХIатта чинхъидалгицин щиб гьабизе лъикIаб бугебали малъана нилъеда хирияв Аварагас.

 

Гьеб гьечIищ Аллагьасул ﷻ рахъалдасан нилъее рахIматги кIудияб нигIматги.

Аварагасул хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьасе чинхъи бокьула, гьакIкIади бокьуларо», - ян. (АхIмад, Бухари)

Гьеб хIадисалъе баян гьабун гIалимзабаз абуна, чинхъи беццараб бугин гьеб чорхол тIадагьлъиялъул гIаламат букIиналъ, амма гьакIкIади какараб бугин гьеб кIвахIаллъиялъул ва чорхолъ бакIлъиялъул гIаламат букIиналъ.

Чинхъидал лъикIаб буго «АлхIамдулиллагь» абун Аллагьасе ﷻ рецц гьабизе. Гьелде тIаде «Раббил гIаламин» жубазеги лъикIаб буго. Бищун лъикIаблъун ккола «АлхIамдулиЛлагьи гIала кулли хIал» абизе. Гьелъул магIнаги ккола «Аллагьасе буго рецц щибаб хIалалъулъ» абураб.

Чинхъарас «АлхIамдулиллагь» абидал, лъикIаб буго гьесие жаваб гьабун «ЯрхIамукаллагь» (Аллагь ﷻ дуда гурхIаги) абизе.

Чинхъиялдалъун инсанасул чорхолъ захIматал хиса-басиял лъугьуна. Гьедин лъугьинаредухъ Аллагьасул ﷻ гурхIел гьарила, хадубккунги Аллагьас ﷻ сахлъиялда цIунагиян.

Балугълъиялде бахинчIеб лъимер чинхъидал, жаваб гьабила, «АслахIакаЛлагь» (Аллагьас ﷻ мун варагI бугевлъун лъугьаги) абун.

Чинхъарас «АлхIамдулиллагь» абичIони, цере рехсарал дугIаби гьесие жавабалъе гьаризе лъикIаб гьечIо.

Чинхъарас Аллагьасе ﷻ рецц гьабиялда щаклъи ккедал абила «ЯрхIамуЛлагьу ман хIамидагь» (Аллагьасе ﷻ рецц гьабурасда Аллагь ﷻ гурхIаги) абун.

Чинхъарасда Аллагьасе ﷻ рецц гьабизе кIочендал, гьесда ракIалде щвезабизеги суннатаб буго.

Чинхъарасе жаваб гьабун «ЯрхIамукаЛлагь» абурасеги жаваб гьабила «ЯгьдикумуЛлагь» (Аллагьас ﷻ мун битIараб нухда тIовитIаги) абун. Гьелде тIаде «Ва юслихIу балакум» (балагь-къварилъабаздасаги цIунаги) абун жубазе жеги лъикIаб буго.

Чинхъарасе лъицаниги жаваб гьабичIони, жинцаго «ЯрхIамуниЛлагь» (Аллагь ﷻ дида гурхIаги) абун жаваб гьабила.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...