Аслияб гьумералде

ГIазаб гуро, хIалбихьи буго

ГIазаб гуро, хIалбихьи буго

Цо-цо мехалъ бищунго гIадатал харбаз нилъ кантIизарула ва гIумруялъухъ батIияб къагIидаялъ балагьула. Нилъ гIедегIула, кIвар гьечIел жалазул ургъел гьабула, захIмалъи бачIиндал зигардула. Аллагьас ﷻ нилъее кьурал бищунго къиматал: сахлъиялъул, диналъул, хъизан-агьлуялъул ва гIумру гьабизе бугеб ресалде кIварги кьоларо.

 

Цо лъугьа-бахъиналъ, хабаралъ, лахIзаталъ тIаде бачIараб унтиялъцин рагьизе бегьула рекIелъ бичIчIи: баркала кьей ккола гIицIго рагIаби гурел, рекIел хIал загьир гьаби.

Цо къоялъ нухлуласда дандчIвала херав чи. Кверал гьечIев, беццав, вагъаризе кIоларев гьес гIумру гьабулеб букIана басрияб чадиралда жаниб. Гьесда сверухъ щивго чиги вукIинчIо, гьев кваназавулев гьитIинав вас гурони.

Нухлулав гурхIана херав чиясда, амма бищунго гьев гIажаиблъана захIматаб хIал букIаниги, ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гьес гьабулеб щукру бихьун ва живго талихIавлъун рикIкIунев вукIун.

- Дуда щибго бихьуларо, хьвадизеги бажаруларо, кваназецин кIоларо, сундухъ дуца баркала кьолеб бугеб? – илан гьикъана нухлулас.

Херас жаваб кьуна: «Дида рагIула, кIалъазеги кIола, ургъизе гIакълуги кьун буго. Гьелде тIаде, Аллагьасда ﷻ иманги лъола дица. Гьеб гIоларищ?» - абун.

Гьел рагIабаз нухлуласул рекIее асар гьабуна. Гьесда бичIчIана унго-унгояб талихI черхалда, бечелъиялда, рахIаталда бараб гуреб, щукру гьабулеб ракIалда ва щулияб иманалда бараб букIин. ГIемераб жоялдаса махIрумлъарав херав чиясул букIана бищунго кIвар бугеб жо – рекIелъ иманги сабру-парахалъиги.

Нухлулас пикру гьабун абуна, жиндир бугин кинабго, ай сахлъи, рукъ, квен, гIагарал чагIи, хIалтIизе ва гIибадат гьабизе рес. Амма къанагIат гурони щукру гьабуларинха абун. Кинабго лъикI бугеб мехалда инсанасда къанагIат гурони ракIалде кколеб гьечIин щукру гьабизеян.

Унти гIазаб гуро, хIалбихьи ккола. Гьелъ хIалбихьула сабруялъул гуребги, иманалъулги, Аллагьасе ﷻ щукру гьабиялъул ва хьул цIуниялъул. Гьелдалъун инсанасда бихьула кигIан жив ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ хIажатав вугевали.

Цо-цо мехалъ, захIмалъаби рухIалъул матIулъун лъугьуна. Гьез загьир гьабула нилъ унго-унголъунги щал кколелали - сабру гьабулел муъминзабийищ ялъуни разилъи ва сабру тIагIарал талихIкъосаралищ абун.

Жиндирго чодронив вугев херав чи лъугьана нухлуласе мисаллъун. Гьесда бичIчIана, рохел бугеб заманалда гуребги, къварилъиялъулъги щукру букIине кколеблъи.

ХIасил-калам, унти гьечIеб щибаб къо, щибаб хIухьел, иманалда араб щибаб лахIзат - гьеб ккола нигIмат.

 

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...