Аслияб гьумералде

КIал биххани...

КIал биххани...

Рамазан моцIалъ кIалал кквезе балугълъиялда вахарав щивав бусурманчиясда тIадаб буго. Амма ккураб кIал лъачIого биххиялдаса цIунаравлъун гьечIо цониги чи. БукIуна заман тIаде рачIарал гIиллаби сабаблъун кIал биххизе ккарабги. Амма кIал биххани, кIал ккураб заманалда бегьулареб жо гьабизе бегьулин абураб магIна гьелъ кьоларо.

 

Рамазан моцIалъ ккураб кIал биххиялдалъун маркIачIул как ахIизегIан кIал биххизабулел жалаздаса цIунизе тIалъула:

  1. Бокьун, лъан кIал биххарав чи.
  2. Рогьалил как ахIизегIан ният гьабизе кIочарав чи. Рогьалил какие заман щун батиларинги абун, кванарав чи, ай как ахIун хадуб.
  3. КIал кквечIесе баянлъани гьеб рамазаналъул тIоцебесеб къо букIин.
  4. Какие ялъуни черх чурулаго магIазухъан яги кIалдисан кванирукъалъубе лъимги ун кIал биххидал.

Рамазан моцIалъул цониги къоялъ балугълъараб лъимералъе, гIантав вукIун сахлъарасе, капурав вукIун ислам босарасе, сапаралдаса ватIаналде щварасе ва унти тIаса ун сахлъарасе лъикIаб буго кIал биххизабулел жалаздаса цIунун чIезе. Амма тIадаб гьечIо, рамазан моцIалъул къад къоялъ хIайиз-нифасалдаса яцIцIалъарай чIужугIаданалда гIадин.

Къокъ гьабун абуни, рамазан моцIалъул къоялъ кIал биххизе бегьизабун вугев чиясда кIал биххизабулеб жоялдаса цIуни тIадаб гьечIо. Гьеб къоялъ кIал биххизе шаргIалъ бегьизабун гьечIесда имсак (ай, кIал биххизабулеб жоялдаса цIунизе) тIадаб буго.

Капуравги вукIун ислам босараб ва балугълъиялде бахараб лъимер хутIун, цере рехсарал хутIараз кIал бецIизе ккола. Гьел кIиязего бецIизе лъикIаб буго, амма тIадаб гьечIо. КIалги ккун вукIаго лъимер балугълъиялде бахани, гьесдаги тIадаб буго имсак гьабизе. Цинги как ахIизегIан имсак гьабизе гьесда кIвани, гьеб кIал бецIизеги гьесие лъикIаб буго, амма тIадаб гьечIо.

(Босана МухIаммад Ан-Нававил «Нигьаяту Зайн» абураб тIехьалдаса)

 

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...