Аслияб гьумералде

ВатIан бокьи

ВатIан бокьи

ВатIан бокьуларин абуларо цIодорав чияс. Аварагасги ﷺ жиндир гIумруялда жаниб бихьизабуна ватIан, живго гьавураб бакI, ай Макка бокьулеб букIараб куц. Маккаялда бусурбабазда тIад зулму гIемерлъидал, гьижра гьабулеб мехалъ аварагас r абула Маккаялдехунги вуссун, дур агьлуялъ дун къватIиве вахъинавулев вукIинчIебани, вахъине вукIинчIин. Гьелъ баян гьабула ватIаналъ гьесул рекIелъ кинаб бакI кколеб букIарабали.

Жакъа гIажаиблъизе бачIуна цо-цо гIадамазда, масала Турциялда гIумру гьабизе рачIаян жидеца абулезда. Гьел кутакал чагIийищ кколел, щивав чиясул хIакъ тIаде босулел? Гьениве гочаразул гIумру хвани, щиб гьабизе бугеб? Гьединлъидал насихIат гьабиги гьединал гIадамазул хIакъ тIаде босиги бигьаяб жо гуро. РагIи абизе ккола цIакъго ургъун.

ГIалимзабаз абула:

«ВатIан бокьи тIабигIалда жанибго буго. Киве кканиги ватIаналдехун гIищкъу бачIуна», - ян. ХIакъикъаталдаги хIежалде аразги абула кигIан лъикIаб бакI доб бугониги, ватIаналде ракI цIалин абун.

Тавраталда хъван буго:

«Я Адамил лъимер! Сапаралъ вахъани, дуе Дица ризкъиги бижизабила», - ян. Цо-цо сапаралъе рахъинчIогоги тIураларо. Цо нухалъ пуланав чиясда цIехола талихI щиб жойилан? Гьес абула: «Аллагьас ﷻ кьураб жоялда гIей гьабун чIей, гьебги ватIаналда вукIаго», - ян. Гьединго бицуна Искандер абурав ханас жиндирго меседил алатал Рималде росеян васият гьабунин, ай ватIаналде рокьи букIиналъ. Сапаралъ вахъиналда жаниб пайда бугинги абула, ай черх багъаризабулеб букIиналъ. Цого бакIалда вагъаричIого чIеялъулъ зарал букIуна. Аллагьас ﷻ цIунаги нилъер ватIан киналниги балагьаздаса.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...