Аслияб гьумералде

Сапар бухьин

Сапар бухьин

МухӀаммад авараг ﷺ вукIана ва вуго кидаго нилъеца жиндаса мисал босизе кколев инсан. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго гьесдаса мисал босейиланги. Аварагас ﷺ нилъеда малъунги буго кин рукIине кколебали. Сапаралъулъги мисал бихьизабуна гьес.

 

Сапаралда захIмалъаби дандчIвалелъул, шаригIаталъ гьеб рахъалдаги нилъее бигьалъаби кьун руго. Масала, какал къокъ гьаризе. Гьединлъидал, сапаралъ вахъунес лъазаризе ккола сапаралда хурханщинал жал. Хасго каказул хIукму. Сапаралъ вахъиналде кIиго ракагIат суннатаб какилги базе лъикIаб буго.

«ИтхIафу сагIадатул муттакъин» абураб тIехьалда хъван буго: «Рокъоса къватIиве вахъиналде паризаяб яги ратибат как бани, гьеб чIола сапаралъул какалъул бакIалда, гьелъие ният гьабичIониги», - ян.

Имам Нававияс «Азкар» абураб тIехьалда хъван буго: «ТIоцебесеб ракагIаталда алхIам цIалун хадуб цIалила сура «ал-Кафирун», кIиабилеб ракагIаталда суратул «Ихлас». Сапаралде вахъинелъул агьлу-хъизамги Аллагьасде ﷻ тIамун тела ва Аварагасдасан ﷺ бачIараб дугIа цIалила: «АставдигIука Ллагьу ллази ла тазигIу вадаигIугьу», - ян абураб. МагIна: «Дица мун Аллагьасде ﷻ тIамун тола, Жинде тIамун тараб цIунулев Гьев вугелъул», - ян.

Гьединго сапаралъ къватIив вахъунев чиясда хадуб как ахIизеги суннатаб буго. Сунда бугониги рекIунелъул цIализе кколеб гьадинаб дугIаги малъана Аварагас ﷺ: «СубхIана Ллази саххара лана гьаза ва ма кунна лагьу мукъринин, ва инна ила раббина ламункъалибун». Цо-цо гIалимзабаз абуна лъикIаб бугила сура «ал-Къадр» ва тавбуялъул 128-абилеб аят цIализе.

Сапаралъ лъабго яги цIикIкIун чи цадахъ унев вугони, цо цевехъанги вихьизавизе суннатлъула. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужер лъабгояв сапаралъ вахъани, нужеда гьоркьоса цояв цевехъанлъун те», - ян. (Абу Давуд)

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...