Аслияб гьумералде

Жаваб гьабиялъухъ кири

Жаваб гьабиялъухъ кири

Бусурбабаз гIумру гьабулеб бакIалда чара гьечIого как ахIизе ккола. Ресги букIаго гьеб бакIалда как ахIичIони, гьеб росулъ ругелщинал, ай балугълъиялде рахарал бусурбаби мунагьалъукье ккола. Щайгурелъул как ахIи ккола фарзул кифаятлъун жиб бугеб исламалъул шигIараздасан. ГьедигIан кIвар жиндилъ бугеб как ахIиялъе жаваб гьаби аварагасул ﷺ суннаталдасан букIин дагьал гIадамазда гурони лъаларо. Лъаниги, кIвар кьей дагьаб букIуна.

Жаваб гьабиялъул магIнаги ккола будунасда хадуб как ахIиялъул рагIаби такрар гьари. Гьоркьоса бахъула «ХIаййа гIала ссала» ва «ХIаййа гIалал фаляхI» абурал рагIаби. Гьел рагIабазда хадуб «Ла хIавла ва ла къуввата илла биллагь» абула.

Какие жаваб гьабулев чи Алжаналде уна.

Абугьурайратица бицана, аварагасда ﷺ аскIов жив гIодовчIун вугеб мехалъ Билал-асхIабас как ахIанин. Гьес как ахIун бахъиндал, аварагас ﷺ абуна: «Билал-асхIабас абурал рагIаби абурав чи Алжаналде уна», - ян (Тирмизи). Мунагьал чурула. Аварагас ﷺ абуна: «Будунас как ахIулеб рагIарас абуни: «Ашгьаду алла илагьа иЛлагь вахIдагьу ла шарика лагь, ва анна МухIаммадан гIабдугьу ва расулугьу, разиту биллагьи раббан ва би МухIаммадин расулан ва бил ислами динан» - абун, гьесул мунагьал чурула», - ян (Муслим, ХIаким).

Къиямасеб къоялъ аварагасул ﷺ шапагIат насиблъи

Какие жаваб гьабун хадуб салават цIалун ва дугIа гьабурав чиясе къиямасеб къоялъ аварагасул ﷺ шапагIат щола. ГIабдуллагь бин ГIамаридасан бицана, аварагас ﷺ абунин: «Будунас как ахIулеб рагIидал нужеца гьес абураб такрар гьабе ва хадуб диде ﷺ салават битIе. Цо нухалъ диде салават битIарасде Аллагьас ﷻ анцIго битIула. Хадуб нужеца ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ дие «Ал-Василат» гьаре, гьебги Алжаналъуб бугеб хасаб бакI буго, Аллагьасул ﷻ цо лагъасе жиб щолеб, гьев лагъ дун ватилилан хьул буго. Дие василат гьарарасе дир шапагIат щвела», - ян (Тирмизи).

Аварагасе ﷺ василат гьарулел как ахIиялда хадур гьарулел дугIабазул цояб ккола гьаб: «Аллагьумма рабба гьазигьи ддагIвати ттаммагь, ва ссалатил къаимагь ати МухIаммадан алвасилата вал фазилата, вабгIасгьу макъаман махIмуданиллази вагIаттагь».

Как ахIиялъе жаваб гьабурасул дугIаялъе Аллагьас ﷻ жаваб гьабула. ГIабдуллагь ибн ГIумарица бицана цо чияс аварагасда r абунин: «Я, Бичасул Расул! Будунзабазе нижедасаги тIокIлъи буго (гьезие цIикIкIун кири щола)», - ян. Жаваб гьабун аварагас ﷺ абуна: «Дуцаги гьесда хадуб такрар гьабе, цинги Аллагьасда ﷻ гьаре, дуе жаваб гьабила», - ян (Абу Давуд).

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...