Аслияб гьумералде

Хвасарлъи буго

Хвасарлъи буго

Хвасарлъи буго

Дунялалда бищун хириял бакIазул цояб ккола жиндилъ хирияв МухIаммад ﷺ вукъараб Мадина шагьар, гьенибги - Аварагасул ﷺ мажгит, мажгиталдаги гьев ﷺ вукъараб Равза. Гьеб бакIалъул баракат лъала гьениве цогIаги нухалъ щварасда. Гьеб буго щварасда гурони лъалареб хIалги. Цинги чиясул анищ хутIула кIиабизе, лъабабизе гьениве щвезе, хирияб Равза бихьизе.

 

Гьелдасаги тIадегIанаб буго ахираталда хирияв Авараггун ﷺ рахъинари, гьесул ﷺ шафагIаталъ роси, хIавзалдаса гьекъезе щвей. Кин инсан гьеб даражаялде щолев? Гьелъие сабаблъун Аварагас ﷺ абун буго: «Къиямасеб къоялъ диде цIикIкIун гIагарал рукIине руго салават гIемер битIулел», - абун.

Аварагасде ﷺ салават битIи буго Аллагьасго ﷻ муъминзабазде амру гьабураб гIамалги. Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьасги ﷻ Гьесул малаикзабазги битIула Аварагасде ﷺ салават, я иман лъурал гIадамал, нужецаги цIакъ бахъун битIе гьесде ﷺ салават», - абун (суратул «АхIзаб», 56 аят). Аллагьас ﷻ Гьесде ﷺ салават битIиги буго гIурхъи-рахъ гьечIеб цIоб-рахIмат. Нилъеца Гьесде ﷺ салават битIи абуни буго, Аллагьасул ﷻ рахъалдасан нилъее рахIматал щвей. Нилъеца гьеб битIулелъул Аллагьас ﷻ нилъеде Жиндир бербалагьи, рахIматал жеги цIикIкIинарула.

Цо нухалъ асхIабзабазда халлъула Авараг ﷺ разиго гьимулев. Гьез абула, я Аллагьасул ﷻ Расулин ﷺ, нижеда мун разиго вихьулев вугин абун. Гьес ﷺ жаваб гьабула: «Кин рази гьечIого вукIинев, ЖабрагIилас дида абидал: «Щив чи вугониги дуде цо нухалъ салават битIун, Аллагьас ﷻ гьесде анцIго нухалъ цIикIкIун Жиндир рахIмат-цIоб биччала», - ян (Бухари).

Аварагасде ﷺ салават битIиялъулъ гIемерал пайдаби руго. ГIемер салават битIулесул дунявиял мурадал дандерилълъуна. ХIадисалда буго: «Къойида жаниб диде ﷺ нусго салават битIулесул Аллагьас ﷻ хIажатал тIурала», - ян.

Салават буго Къиямасеб къоялъ Аварагасул ﷺ шафагIат щвеялъе сабабги. «Гьезул (умматалъул) салаватал, гьеб дие сайгъат буго. Гьезие дир сайгъат абуни, Къиямасеб къоялъ дица гьезие шафагIат гьаби буго», - ян.

АскIор ругез Аварагасул ﷺ цIар рехсолеб рагIараб мехалъги битIизе ккола салават. ГIали-асхIабас бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Къарумав чи вуго жинда аскIоб дир цIар рехсолеб рагIидал диде салават-салам битIуларев чи», - ян (Тирмизи).

Салават буго дугIа къабуллъиялъеги сабаб. Аварагас ﷺ абунин ГIали-асхIабасдасан бицун буго: «Цониги дугIа гьечIо жиндаги зобалаздаги гьоркьоб пардав гьечIеб. Дидеги агьлуялдеги салават битIараб мехалъ гьеб пардав тIагIуна. Цинги дугIаги тIаде бахуна. Амма салават битIичIони, дугIа жиб битIарасул бетIералде тIадбуссун рещтIуна», - ян.

Аллагьас ﷻ тавпикъ гьабеги щивасе Аварагасде ﷺ гIемер салават битIизе ва гьесул ﷺ сира лъазабизе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....