Аслияб гьумералде

МахIмуд-афандиясул мугIжизат

МахIмуд-афандиясул мугIжизат

Астраханалдаса пуланав чияс бицанин абун, Гьоориса ХIажи-МухIаммадица нижеда абунин ХIасан-устарас «Сиражу сагIадат» абураб тIехьалда хъван буго: «Астраханалда вугеб заманалда, гIадамазда гьоркьове вахъунелъул, жиндирго хIал бахчун, МахIмуд-афанди вукIана берцинаб, чIухIарал чагIазулалда релълъараб, ретIелги ретIун.

 

Гьенив вугеб мехалъ, МахIмуд-афандиясул мадугьалихъ вукIун вуго цояв, жиндир вас хIеж борхизе арав. Гьелдаса вохарав мадугьалас гIадамал ахIун руго жиндихъего рокъоре, гьал къоял ругин хIажизаби гамида рекIунелинги абун, васасдасан садакъа гьабун кваназе. ГIадамазда гьоркьов вукIун вуго МахIмуд-афандиги.

ХIежги тIубан вас тIадвуссиндалги ахIун руго гьес гIадамал кваназе. Мадугьалихъ вукIарав МахIмуд-афандиясдеги бачIун буго гьаб нухалдаги ахIи. Мубаракасда берчIвайдал вас хантIан тIаде вахъун, МахIмуд-афандиясда аскIовеги вачIун, гьесда хурхуна. Васасда гьеб къоялде щвезегIан МахIмуд-афанди мадугьалихъ вихьунги вукIинчIо. Васас гьабуралда гIажаиблъула гIадамал ва лъазего лъаларев чиясда хурхун дуца гьабулеб щибилан гьикъула. Гьеб мехалъ, хIеж гьабулаго нухда лъугьарал гIажаиблъаби хъвараб тIамач бугин абун васас, хъвай-хъвагIай гьабурал тIанчал къватIире рахъула.

Гьениб хъван батула: «Пуланаб къоялъ, пуланаб заманалда, пуланаб шагьаралъул ралъдадасан гамида рекIун унел рукIана ниж. Циндаго нижее нухги къан, ралъдалъа къватIибе бахъун бачIана кIудияб рухIчIаголъи ва гама цебехун ине толарого, расаялда кIал кьабизе лъугьана гьеб. Гьеб хIалалда ниж рукIана, щиб гьабилеб лъаларого, гIажаиблъун, хIинкъун, хIайранлъун. Гьеб параялъ тIаде вачIана гьади-гьадинаб ретIел ретIарав, гьади-гьадинаб сураталъул гьумер бугев, хIатIазда ретIарал башмакъалги цIулал, лъеда тIасан вилълъунев цо чи. АскIове вачIун гьес гьеб нахъе хъамана, гамаги цебехун ана. Гьелдаса гIажаибаб жо дида сапаралда бихьичIо», - ян.

Цинги, шайихасул башмакъазде килищги битIун, васас абуна, гьенив нижеде тIаде вачIарав чи гьав вугин абун.  

ХIисаб гьабидалги баянлъана, рехсараб лъугьа-бахъин ккараб къо доб цебесеб нухалъ васасул инсуца гIадамал садакъа кваназе ахIараб заманалда лъугьараб букIин. Данделъиялда рукIарал гьелдаса жеги гIажаиблъана. Гьеб вакъигIатги ккана МахIмуд-афандиясул валилъи Астраханалда загьирлъиялъе сабаблъунги».

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...