Аслияб гьумералде

«ФатихIа-салават»

«ФатихIа-салават»

Аварагасде ﷺ салават битIиялъул ва щолеб ажруялъул бицун нилъехъа рагIалде бахъинаро. Салават битIи буго живго БетIергьанасги ﷻ МухIаммадияб умматалда амру гьабураб гIамал. Аварагасде ﷺ ритIулел салаватазул руго гIемер батIи-батIиял сигъаби.

 

Гьезул цояб буго «ФатихIа-салават». ГIумруялда жаниб цо нухалъ «ФатихIа-салават» битIарав чи жужахIалде лъугьинаринги буго. Цо-цо гIалимзабаз абула гьеб цIали 10 азарго цогидаб салават цIалиялда бащалъулин, 600 азаргоялда бащалъулин абулелги руго. («Афзалу салават»)

Цо шайихас бицун буго: «Гьеб салават цIалиялъухъ кьолеб кириялъул кутак рагIидал, дун вукIана гьелда машгъуллъун. Хадуб дида батана цоги салават, жиб битIиялдалъун 70 азарго нухалъ «Далаилул хайрат» абураб салават цIалиялда бащалъулеб. Цинги, «ФатихIа-салаватги» тун дун гьеб цIализе лъугьана. Цо заманалдаса дида Аварагас ﷺ амру гьабуна (макьилъ абун батизеги бегьула) гьебги тун «ФатихIа-салават» цIалиялде вусса», - абун. Гьедин амру гьабуралдаса хадуб дица Аварагасда ﷺ цIехана гьелъул кириялъул. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Цо нухалъ гьеб салават битIи анлъго нухалъ Къуръан цIалиялда бащалъулин, тIолабго дунял-гIаламалда жаниб тасбихIалда, кIудияб-гьитIинаб букIа дугIа-зикру ва анлъазарго нухалъ тIубан Къуръан цIалиялдаги бащалъулин, гьеб цIалиги зикру бугелъул», - ин.

«Жавагьиру МагIани» абураб тIехьалда бугин ХIасан-устарас рехсолеб буго: «Дуда лъай, дуца бачунеб зикруги, Аварагасде ﷺ битIулеб салаватги, гьарулел дугIабиги киналго цадахъ 100 азарго соналъ гьаруниги ва щибаб къоялъ 100 азарго нухалъ гьел такрарги гьаруни, гьелъулги кири бахунаро цо нухалъ «ФатихIа-салават» битIиялде. Дуе бокьун батани напсалъе ахираталда мунпагIат, кIванагIан цIакъ бахъе гьеб салават цIалиялде машгъуллъизе. Гьеб жиб цIаларасе цIакъ кIудияб хазина буго Аллагьасул ﷻ», - абун. («Талхисул МагIариф»)

 

اَللّٰهُمَّ صَلِّ وَسَلِّمْ عَلَىٰ سَيِّدِنَا مُحَمَّدٍ الْفَاتِحِ لِمَا أُغْلِقَ وَالْخَاتِمِ لِمَا سَبَقَ ناصِرِ الْحَقِّ بِالْحَقِّ وَالْهَادِي إِلَىٰ صِرَاطِكَ الْمُسْتَقِيمِ وَعَلَىٰ آلِهِ حَقَّ قَدْرِهِ وَمِقْدَارِهِ الْعَظِيمِ

 

Гьеб салаваталъул магIнаги ккола: «Я Аллагь! Нижер сайид МухIаммадида ﷺ Дуца свалат-салам лъе, бахчараб жоялъе жинца рагьи гьабулев ва цебехун аралъе жинца тIубазаби гьабулев, хIакъалдалъун хIакъалъе жинца кумек гьабулев ва битIараб нухде жинца тIоритIулев. Ва гьесул ﷺ агьлуялдаги (лъе свалатгун салам) гьесул унго-унгояб къадруялда ва гьесул кIодолъиялда рекъон», - абураб.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...