Аслияб гьумералде

КIванагIан хех гьабе

КIванагIан хех гьабе

Жакъа унтараб суал буго гьабураб къотIи-къай тIубангутIи ва кьураб рагIи ккунгутIи. Гьеб сабаблъун цоцада гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи хола. Инсанас, Аллагьас абухъе, цогидасул хIакъ тIубани ва Аварагас хIадисалда абухъе жидиего гьабизе бокьулеб гIадин цогидасеги гьабуни, букIинищ гьениб рагъ-кьал? ГIалимзабаз абула Аварагасул гьаб хIадисалда гIадамаз гIамал гьабулеб букIарабани, киса-кибего рекъел букIинаанин абун.  

 

ГIумар ибну ХатIабица абуна: «Щибаб жоялъул жиндир жиндир аслу буго, амма лъикIлъиялъул аслу ккола кIванагIан гьеб хехго кьей». Масала, чияс абун букIун батани гIарац яги цогидаб жо кьелин абун, гьеб кьезе ккола кIванагIан хехго. Щайгурелъул, тIоцебе иргаялда, гьедин гьаби ккола жинца гьабулеб лъикIлъиялъул ихласалъул гIаламат. Нахъбахъиялъ чиясда ракIалда ккезабула хIалица гьарун кьезабигIадинаб жо. Хехго кьеялъ хIажатав чиясул рекIелъе рохел бачIинабула. 

Ибну МасгIудица къотIи гьабулароан «ИншааЛлагь» абун гурони. Гьедин абизе рекъола, амма чIванкъотIун къасд букIине ккола гьеб тIубазе. Амма унго-унгояб гIузру бугони, бичIчIизе бегьула. КъотIи гьабулеб мехалъ инсанасул рекIелъ ният бугони тIубазабиларин абун, гьеб унго-унгояб мунапикълъи ккола.

Имам МухIаммад Равасияс абуна, къотIи тIубазаби кколин чиясул иманалдасан. Гьединго гьеб кколин гIаданлъи, цогидав чиясул хIурмат гьаби. Амма къотIи тIузабуларев чи кколин кутакалда иман загIипав чи. Гьелъ жеги бугеб иманги загIиплъизе гьабулин абун. 

Гьабураб къотIи тIубазабулев чи ккола къимат тIадегIанав. Гьединав чи гIадамазда гьоркьовги къиматавлъун вукIуна. Гьудул лъала тIаде къо ккараб мехалъ, гьединго, аманат, ай жинда божизе бегьулев вугищали лъала кьолеб ва босулеб мехалъ. Нилъеца рехсана гIадамазулгун гьабураб къотIи-къаялъул. Аллагьасул ﷻ къотIи-къай тIубай ккола Гьесул амруги нагьюги тIубай. Гьесул диналъул аслаби ва жибго дин кIодо гьаби. Гьединго Аварагасда ﷺ хурахарабщинаб жо кIодо гьаби ва гьесул суннат кквей. Черхалъ, боцIиялъ ва мацIалъ Аварагасул ﷺ диналъе квербакъи гьаби ккола Аллагьасулгун ﷻ къотIи тIубай ва гьесда хадур рачIарал диналъул ишал рачунезеги кумек гьаби ккола Аллагьасулгун къотIи-тIубай ва Аллагьасул ﷻ каламги Аварагасул ﷺ ишги кIодо гьаби.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...