Аслияб гьумералде

ЦIунизе тIадал

ЦIунизе тIадал

Бусурбанчи ккола жиндирго черхгун ва рухIгун Халикъасул амруялъе мукIурлъарав чи. Муъминчиясда тIадаб буго ТIадегIанав Аллагьасул амруялда рекъон хьвадизе, гьукъараб жоялдаса рикIкIад чIезе.

 

Гьереси бицин

Бусурбанчияс киданиги гьереси бицунаро, хIатта махсара гьабулеб мехалдацин. Гьереси ккола бусурбанчи диналдаса рикIкIад гьабулеб, кIиябго рокъоб талихIкъосиналде рачунезул бищунго хIинкъарал мунагьазул цояб.

ГIабдуллагь ибн МасгIудидасан бицараб хIадисалда буго: «Махсара гьабун яги унго-унголъун гьереси бицине бегьуларо. Гьединго рекъараб гьечIо лъимадуе рагIи кьедал, хадуб гьеб тIубазабичIого тезеги», - ян. (Бухари, «Адабул Муфрад»)

 

РагIи ккунгутIи

Муъминчияс кьураб рагIи тIубазабизе хIаракат бахъизе ккола. Бусурбанчияс рагIи кьедал, гьесда тIадаб буго гьеб тIубазабизе кутакаб гIузру батичIебгIан заманалда жаниб. ГIузру батани, берцинго бичIчIизабизе ккола. 

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Дуда божун тараб жо чиясухъе тIадбуссинабе, дудехун хиянат гьабурав чиясдехун хиянатлъи гьабуге», - ян. (Абу Давуд)

 

Гъибат гьаби

Бусурбанчияс жиндирго мацI гъибаталдаса, мацI гьабиялдаса цIунун чIезабизе ккола. Гъибат-бугьтан – кIудиял мунагьал руго. Зинаялдаса гIемерго квешаб жо ккола гъибат гьаби.

Абу СагIид Худриясдасан бицараб хIадисалда буго: «Зинаялдасаги квешаблъун ккола гъибат гьаби». Гьесда гьикъула: «Зинаялдаса квешаб кин гьеб букIунеб?» - ан.  Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Зина гьабурав чияс тIаса лъугьаян гьарани, Аллагь тIаса лъугьуна, амма гъибат гьабулесдаса тIасан лъугьунаро, дов чи тIаса лъугьинегIан», - ян. (ТIабарани)

 

ДагIба-рагIи гьаби

Бергьине абун дагIба гьабиялъул магIна ккола дандияв лъикIаб гуреб хIалалде ккезавизе хIаракат бахъи. ДагIба гьабулев ва къацандулев чияс кидаго хIаракат бахъула живго цIунизе ва веццизе. Гьединаб дагIбаялъ иш квалквал гьабиялде бачуна. Гьединлъидал дагIба-рагIиялдаса кIванагIан рикIкIад чIезе ккола.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...