Аслияб гьумералде

РетIунелъул кIвар гьабе

РетIунелъул кIвар гьабе

Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсей буго чанго чагIазул, жал жужахIалде рехизе ругин абурал. Гьел чагIи жакъасеб къоялъ, жидедаго лъачIониги, гIемерлъулелги руго, жидер тIалаб-агъаз гьабизе кколез кIвар гьабичIого тун, гIадатияб жо гьебиланги ккун. 

 

Рехсей гьабизе бокьун буго нилъеца ва лъималаз ретIулеб ратIлил. Лъимал руго эбел-инсуца малъулелъухъ гIенеккизе ва гьез абуралда нахърилълъине кколел чагIи. Гьелдалъун БетIергьанас ﷻ нилъеде амруги гьабун буго. Амма жалго умумул ругони модабазда хадур лъугьарал, цере аразул кIвар гьечIел, щиб гьез жидер лъималазда малъилеб? Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, чара гьечIого къваригIун буго цин нилъецаго мисал бихьизабизе, хадуб нилъедаса мисал босизе лъималазеги бигьаяб букIунелъул. Щайин абуни, лъимал ругелъул чIахIияз гьабулеб такрар гьабулеллъун.

ТIоцебесеб иргаялда, ретIел букIине ккола жинс батIияз ретIулареб (бихьинчиясе бегьуларо чIужугIаданалъ ретIулеб, чIужугIаданалъе бегьуларо бихьинчияс ретIулеб). Гьелъул хIакъалъулъ ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ нагIана кьунин руччабазда релълъенлъи гьабулел бихьиназе ва бихьиназда релълъенлъи гьабулел руччабазе абун. (Бухари)

Жакъасеб къоялъ гIолилазухъ халгьабе, ретIулеб ретIелги гьабулеб гIамалги, нахъасан валагьарасда щиб жинсалъул чияли ватIа вахъизе лъаларедухъ букIуна. ГьитIинго гьеб хIалалда лъимал риччан тани, гIураб къоялъги гьез батIияб ретIуларо, жеги хвараб гьабула.

Рехсараб хIадисги цIалун имам Нававияс хъван буго: «Чияс жиндир гIамал, гьабулеб пишаялдалъун яги ратIлидалъун жинс батIиязда релълъенлъи гьабулеб бугони, гьев чиги ккола Аварагас ﷺ нагIана кьуразде гьоркьове», - ян.

Дунялалъул рокъоб лъиего бокьуларо жидер лъималазул лага-саналъе щибго гъая ккезе, амма гьаниб гьабураб гIамал бихьун, ахираталда букIине бугелъул кIудияб кIварго гьабуларо. НагIана жидее кьуразе ахираталда лъикIаб жазаъ гьабилищха?

Гьединлъидал, ретIулеб ратIлихъ халгьабичIого тезе бегьуларо.

Аллагь ﷻ гурхIаги, лъикIалъе тавпикъги кьеги щивасе!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...