Аслияб гьумералде

Къимат лъалареб жавгьар

Къимат лъалареб жавгьар

Хирияб Къуръаналда «АлАгIраф» сураялъул 26, 27 ва 28-абилел аятазе гьабураб тафсиралда хъвалеб буго (магIна): «Я Адамил лъимал! Дица нужее лъабго батIияб ретIел гьабуна: цо ретIел гьабуна нужеца жиндалъун гIаврат бахчулеб ва кидаго нуж жиндие x1aжатаб. Цоги ретIел гьабуна гIадамазда гьоркьор хьвадулеб мехалъ нужеца берцинлъиялъе тIад ретIунеб. Лъабабилеб ретIел буго инсанасул жанисеб, рухIияб рахъ бацIцIадаб ва берцинаб букIин. Гьаб лъабабилебги буго жиндир кIвар цIикIкIараб ва лъикIаб. РетIелги Аллагьасул гIаламатаздаса цо гIаламат буго ва кьурал нигIматазде лагъзадерица шукру гьабун, гьелдалъун жидеда Аллагь ракIалде щвезе ва гьесие гIибадат гьабизелъун буго».

27-абилеб аяталда буго: «Я Адамил лъимал! Вореха, нуж шайтIаналъ гуккизе чIоге. Гьелъ нужее макру гьабизе буго. Нужер эбел-эмен Адамги ХIаваги тIад букIараб нуралъул ретIелги бахъизабун, гIавраталги загьир гьарун, алжаналдаса къватIире рахъинарурал гIадин, нужги, Аллагьасул ццим бахъунеб гIамалги гьабизе тIамун, гIодорегIан гьаризе руго. ШайтIаналъул мурад буго инсанасул киналго хиралъаби, лъикIлъаби тIaca инари. ШайтIаналда ва гьелъул наслуялда нуж рихьула, нужеда гьел рихьулел гьечIониги. Дица гьел шайтIаби гьудулзабилъун ва кумекчагIилъун гьарун руго жидеца иман лъоларел чагIазе».

28-абилеб аят: «Аллагьасде иман лъоларел чагIаз цо къабихIаб пиша гьабураб мехалъ гьелъие далил бачун абулеб буго: «Нижеда умумул ратана гьаб иш гьабулеллъун ва Аллагьасул aмpyялдалъун гьабулеб ишги буго гьаб», - абун. Дуца гьезда абе, МухIаммад , Аллагь вацIцIадав вуго мушрикиназ Гьесде гIунтIизарулел мукъсанал сипатаздаса, Гьес къабихIаб жо гьабеян амру гьабуларо. Нужеца, щибго лъайги гьечIого, Аллагьасде гIунтIизабун гьересияб хабар щай бицунеб!» - абун.

Гьал ятал рехсеялдалъун бицен гьабизе бокьараб буго, бусурбанал руччабазул Аллагьасул шаригIаталъ гьабун бугеб хIурматтIадегIанлъиялъул. Жавгьар буго киназего щолареб, щварасги балъго гьабизе хIаракат бахъулеб жо. Гьединай йиго бусурбанчIужуги, жанисан къимат тIокIай, яхчун йикIине рекъарай.

Гурони, хIисаб гьабе, духъ буго гьеб жавгьар, амма дуца бахчун гуреб, щивасда бихьизабун, гьадигIанасеб багьа бугеб къанагIатаб жо бугин бицун загьир гьабулеб буго гьеб. Чан чиясулдай гьелде хьул лъела, ахир-къадги камиларо гьеб духъа бахъизе бокьаралги. Гьелда релълъун буго чIужугIаданалъул мисалги.

Аллагьас бахчиялдалъун амру гьабураб жиндир черхги гьелъ загьир гьабуни, берцинлъиги гIадамазда бихьизабуни, чан хIажат гьечIесул бер ва мацI гьелде щвелеб. Гьединлъидалин жавгьар, гъутухъалъубги лъун, бахчун букIине рекъараб бугеб.

ШайтIаналъул мурад буго инсанасул киналго хиралъаби, лъикIлъаби тIaca инари

ГIолохъанчиясул жаваб

Рехсей гьабила цо гIолохъанчияс жиндир чIужуялъул къартI цIунун гьабураб берцинаб жавабалъул. Жиндирго нухда унеб автобусалда рукIана гIадамал. Иргадулаб лъалхъи гьабидал, жанире рахун рачIана исламияб къагIидаялда ретIа-къарай хъизангун цадахъ гIолохъанчи. Заманалдасан пассажиразул цояс гьезда абуна:

- Гьале гIезегIанго заман бана нуж жанире лъугьаралдаса. Дун нужехъ валагьун вуго ва кинго бичIчIизе кIолеб гьечIо кин дуда кIолеб гьеб куцалда хъизамалда тIад ретIелххам жемизе?! Гьалеха, нилъер заманалда цивилизация цебетIун бугеб куц, балагье, гIадамал зодоре роржунел руго, хIукуматалъ щиб бокьаниги хIажатал чIезарун руго. Дуцайин абуни, чIужуялъе гьабулеб буго гIакъуба, жиндиего бокьухъе эркенго хьвадизе йиччалей гьечIо гьей, - ян.

Гьединги абун, гьес йихьизаюна жиндирго хъизан, гьей йикIана бащдаб черхги цебе лъун, ва абуна гьай йигин эркенго, гIумруялдаса щвараб лазатги босун гIумру тIамулей гIаданилан. Гьес бицунелъухъги гIенеккун, гIолохъанчи гордухъа къватIиве валагьана. Гьениса рихьулел рукIуна гIемерал машинаби. Цоял рукIана къватIазда чIезарурал, цогидал – рукъзабазда цере, лъабабилел – тIокъабазда гъоркь чIезарун, ай тIад жоги бигъун. Гьезухъги валагьун, гIолохъанчияс абуна:

– Кин дуда кколеб, щай гьезул цоял гаражаздеги рачун, хIатта тIад жоги бигъун рахчизарун ругел? – ян.

– Гьел машинаби багьаял рукIунха. Гьезул бетIергьабазе бокьун батиларо бакъ-цIадалъ гьел хвезаризе. – КъватIазда ругезда бун щиб дуца абилеб?

– Гьел руго жамгIияб транспорт, киназго хIалтIизарулел.

– БичIчIулищ, дир хъизан йиго дие къиматай, багьа тIадегIанай, дица гьелъул тIалаб-агъаз гьабула. Дие къабуллъуларо ва бокьизеги бокьуларо гьелъухъ цогидал ралагьизе. Гьелъ буго дир чIужуялъ черх бахчараб ретIел ретIулеб, гьеб ретIиялдалъун гьелъие щибго гIакъубаги гьечIо. Дур чIужу абуни релълъун йиго жамгIияб транспорталда, сверухъ вугевщинав чи жиндихъ валагьулей ва дуе гьелъул щибго кIварги гьечIо.

ГIолохъанчияс гьабураб цIодораб жаваб бихьун, гьев щиб абилебали лъаларого хутIана. АскIой йикIарай гьесул чIужуги цин багIарлъун, цинги хъахIлъун нечон лъугьана. Аллагьас бичIчIи кьеги щивасе Гьесул нух кквезе.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...