Аслияб гьумералде

Хварасул хIакъ

Хварасул хIакъ

Хварасда мусру бала чlаго вукlаго ретlине бегьулеб жоялдалъун. Гьединлъидал бихьиназе дарай хlарамаб буго ва багlарабги тlогьилабги кьер карагьатабги буго. Мусруялъул бищун дагьаб къадар буго тlубараб черхалъул тlом бахчулеб ратlлил цо гъат. Хlеж бухьарав бихьинчиясул бетlерги ва чlужугlаданалъул гьумерги мусру балаго бахчиларо. Гlаврат бахчулеб къадаралъ гурони мусру багеян васият гьабун бугони, гьеб билълъанхъизабичlого тlубараб черх бахчун бала, кlиабилебги лъабабилебги гъат гьабугеян васият гьабуни, гьеб билълъанхъизабула.

Бихьинчиясе бищунго хирияб буго лъабго ретlел, ункъабилебги щуабилебги бегьула. Чlужугlаданалъе хирияб буго щуго ретlел. Бихьинчиясда лъабго мусру балеб бугони, гьеб букlина лъабго ххам, халалъи-гlеблъиги бащадаб, щибалъ тlубараб черх гlамм гьабун бахчулеб.

Щугоялъул бугони, тlаде цlикlкlине гьабула, хlеж бухьарав гьечlони - лъабабго гъаталда гъоркьан гордеги чалмаги ретIула. Чlужугlаданалда щуго балеб бугони, цlикlкlинабула тlажуги кlазги. Мусру суннатаб буго хъахlаб кьералъул букlине.

Мусру бала, цогидаб хвел къачlайго гlадин, хварасул нахъе тараб боцlудасан. Нахъе тараб боцlи батичlони, гьесие нафакъа кьезе тlадав чиясда тlалъула. Чlужуялъе мусру босизе росасдаги тlалъула. Мусру жемулаго тlоцебе бищун берцинаб, гlатlидаб гlодоб тlамила, гьелда тlад кlиябгоги тlамила.

Щибаб гъат тlамидал гьелда тlаде хlенехlги бала, хадуб гьелда тlад лъела мугъзадаги бегизабун жаназа, кlиябго кверги каранда лъела яги хьолбохъан эхере риччан тела, кlиябго рохкъотlи чlартица бухьина, гьоркьоб хlенехl тlаде щвараб квасквасги тlупун. Гьединго черхалъул рагьарал бакlаздеги (бер, мегlер, гlин гlадал) суждаялъулъ гlодор чlвалел бакlаздаги лъела квасквас, хlенехlги щван.

Гьелда хадуб жемила мусрал, щибаб гъаталъул цин квегlаб, цинги кваранаб, ботlродаги хlатlаздаги тlадехун хутlараб данде бачун бухьина. Гьев ваччулаго, гъатал риччичlого рукlине чlолоялъ рухьина. Хабалъ лъолаго чlалал ричун нахъе росила, Аллагьас гьесдаса киналниги захlмалъаби ричилин абун лъикlалде бачун. Мусруялда тlад Къуръаналдаса щибго яги хириял цlарал хъвазе бегьуларо. Хlеж бухьун хадуб, хварасда мусру балаго, букъараб ва гьеб гуребги хlеж бухьиндал хlарамлъулеб жоялдалъун базе бегьуларо.

Гьединго бихьинчиясул бетlерги, чlужугlаданалъул гьумерги бахчизе бегьуларо, гьезул кверазда квердахелалги ххезе бегьуларо. Жаназа молода лъун босулаго, цояс цебеса кlиябго гlоркь кlигъежалдаги лъун, нахъаса кlигоясги ккун босизе лъикlаб буго ункъояс босиялдасаги, амма захlмалъани, ункъояс ва жеги цIикIкIун чияс босизеги бегьула. Гьитlинаб лъимадул жаназа цояс ккун босаниги бегьула. Жаназа тlобитlун унесе суннатаб буго лъелго вилъун ине, рекlун ине карагьатаб буго. Аварагасда рекlун унел рихьидал, гьес абуна:

«Нуж нечоларищ!? Аллагьасул малаикзаби лъелго унел руго, нужни хlайваназул мугъазда руго», - ян.

Амма гlузру бугони, унтун вукlин гlадинаб, карагьатаб гьечlо. Нахъвуссунагоги карагьатлъуларо. Гьединго суннатаб буго жаназаялда цеве вилълъине. Жаназа букъизе босулаго гlедегlун босизе суннатаб буго, ай гlадатаб вилълъанхъиялдасаги гlедегlун. Жинда аскlосан жаназа арав чиясе суннатаб буго хварасе дугlа гьабизе, гьесие рецц гьабизе, гьелъие агьлулъун ватани ва гьадин абизеги суннатаб буго:

«СубхIанал ХIаййи ллази ла ямут», яги «субхIанал Маликил Къуддус»,- илан. Гьединго Анасидасан бицана аварагас абунин: «Щив чи вугониги жинда жаназа бихьарав, цинги жинцаги абурав: «Аллагьу акбар, садакъа Ллагьу ва расулугьу, гьаза ма вагIада Ллагьу ва расулугьу. Аллагьумма зидна иманан ва таслиман», - гьесие къого лъикlлъи хъвала», - ян.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...