Аслияб гьумералде

Бищун Хириясул ﷺ эбел

Бищун Хириясул ﷺ эбел

Бищун Хириясул ﷺ эбел

Аварагасул эбел, къурайшиязда гьоркьой бищун лъикIай, насабалъул рахъалдасан бищун яцIцIадай, халкъалда гьоркьоб къадруяй, жиндир хIакъалъулъ бицен халкъалда гьоркьоб гIасрабаз цIунизе бугин жиндие рагIи кьурай Вагьбил яс Аминат.

 

ЯцIцIадай, хIурмат цIикIкIарай Вагьбил яс Аминат гьаюна анлъабилеб гIасруялъул бакьулъ, къадруяб тухумалда.

ГIабдулмутIалибил ГIабдулла-гьица гьей ячараб мехалъ, бертин лъабго къоялъ гьабуна. ТIоцебесеб сордоялъ, Аминатида макьилъ бихьана, нуралъул чIораз, гьелда гъорлъанги ун, сверухълъиго гвангъизабун. ХIатта гьеб нуралдалъун, гьелда Шамалда ругел Бусраялъул кIалгIабигицин рихьана. Гьелдаго цадахъ, цо гьаракьалъ абуна: «ХIакълъунго, гьаб гIаламалъул Сайид вуго дуца ургьив цIунун», - ян.

Аминатида ракIалде щвана, цебего, Загьра ал-Килабия абурай пал къотIулей гIаданалъ абун рукIарал рагIаби: «Нужеда гьоркьой йиго цIуниялде ахIулей, яги цIуниялде ахIизе вугесул йикIинесей эбел» ва Аминатиде ишара гьабун букIараб куц. Гьелъ макьу бицараб мехалъ, ГIабдуллагьидаги ракIалде щвана, цебего, Варакъа ибн Навфалил яцалъ гьесда жийго ячеян гьарулеб букIараб куц. Амма Аминат ячун хадуб, гьей гьесухъ ялагьичIо. Гьелъул сабаб цIехараб мехалъ, гьелъ абуна, гьесул гьурмада халлъулеб букIараб нур гьанже бихьулеб гьечIин.

ГIабдуллагь Аминатида аскIов вукIана анцIго къоялъ. Хадуб, Шамалъул рахъалде унеб гIиргун, гьев сапаралъ вахъана. Аминатил ракI лъикI букIинчIо, рахIатхвеялъ кверде йосулей йикIана.

ГIабдуллагь сапаралъ вахъун моцIидасан, Аминатида бичIчIана лъимаде йикIин. Росасда рохел бицине бугеб гъираялъ, гьесухъе йоржинегIаги рес букIарабаниян кколеб букIана гьелда.

Къоял унел рукIана, амма ГIабдуллагь нахъвуссунев вукIинчIо. Гьесухъ балагьун чIарай лъадул гъира букIана, щиб-кин бугебали лъазе, хабаргIаги щвелародаян. Амма цо къоялъ гьелъухъе вачIана жиндирго эменги ГIабдулмутIалиб. Гьес байбихьана гьелъул ракIбатулел рагIаби абизе, гьей сабруялде ахIизе. Гьес бицана, унтуца кверде восарав ГIабдуллагь, Ясрибалда имгIаласухъ вугин. Цодагьал къояздасан гьес гьаб дунял теялъул хабар щвана гIащикъго гьесухъ балагьун чIун йикIарай гIолохъанай лъадухъе.

КIиабилеб нухалъ жиндир чIужуялда берчIвазе хъван букIун гьечIо гьесие. 28 сонил гIумруялде вахарав гьес гьеб хIалалда тана гьаб дунял, кIудияб ургъел-къварилъиялда Аминатги тун.

12-абилеб рабигIул аввалалъ хIара чIвана Аминатида. Гьей жийго цохIо йикIана ва хIинкъизе бачIана. Амма дагьаб заманалдасан гьелда сверухъ нур халлъана ва гIемерал руччаби аскIор рихьана. Гьелда ккана, гьел Гьашимил кьибилалъул гIагарал руччаби ругин, амма хадуб бичIчIана, гьел гуреллъи. Гьезда гьоркьор рукIана: ГIиса аварагасул эбел Марьям, фиргIавнил лъади Асият, Ибрагьим аварагасул чIужу Гьажар ва цогидалги. Рогьалил гIужалда гьелъ, нуралъул цIурав вас гьавуна. Жеги лъиданиги ахIун букIинчIеб, МухIаммад абураб цIарги лъуна.

ГIарабазул гIадаталда рекъон, Аминатица вас, кигIан ракIалъе захIмалъаниги, гIалхул гIарабиязухъе хахизе ва хьихьизе кьуна. Ункъо сонил гIумруялде вахиндал, гьитIинав МухIаммад эбелалъухъе нахъвуссана.

ВукIинесев аварагасул 6 сон тIубайдал, эбел, гьевги вачун, сапаралъ яхъана. Маккаялдаги Мадинаялдаги гьоркьоб бугеб ал-Абва абураб бакIалде щведал, кутакаб гьури бахъана. Салул авлахъалда ругел гьезие рахчизе бакIал тIагIана. ГIемераб мехалъ гIодобцинчIеб бурангун хIал тIагIинегIан къеркьана Аминат. Жиндир гIумру рагIалде бакIарараблъи бичIчIарай гьелъ, недегьго, тамахго цо вугев васасда ахирисеб нухалъ къвал бана ва бадиса магIу чвахана. ТIагIун лъугIулеб бугеб, рагIун-рагIичIеб гьаркьидалъун абуна гьелъ: «Кинабго чIагояб жо хвезе буго, кинабго цIияб жо биххизе буго, тIолабго жо тIагIине буго, дунги холей йиго, амма дир хIакъалъулъ хабар хутIизе буго, дир вацIцIадав, тIаса вищарав вас сабаблъун», - ян.

Гьелъ гьаб дунял тана. Буранги гIодобе буссана. Сверухълъи сихIкъотIиялъ цIуна. ХутIана гьитIинаб лъимер, хутIана гIодилеб, ятимлъиялда.

34 соналдасан Аминатил цIар рагIизе буго гIаламалъулго сайид, тIаса вищарав, ТIадегIанав Аллагьасул бищун хирияв илчи, дунял-ахираталде щвезегIан жив авараглъун витIарав МухIаммадил эбел абун. Гьей цониги бусурбанчиясдаги кIочене гьечIо. Гьелъул цIар лъайги щивасда тIадаб буго, лъималазда гьитIинго малъизе кколеблъиги чIезабун буго.

Аллагьас нилъ дандчIвазе хъван батаги Алжаналда, гIаламалъул хирияв, нилъер ХIабиб МухIаммадгун ва гьесул хириял агьлу-байталгун. Амин.

«Нисау хIавла Ннабийи» абураб тIехьалдаса

 

Хадижат Хизриева

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...